Аслияб гьумералде

Муъминзабазул сипатал

Муъминзабазул сипатал

Муъминзабазул сипатал

«Муъминзабазул иманалъул рахъалъ камилал, тIабигIаталъул рахъалъ лъикIал руго».

 

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» хъвалеб буго: «Дуда лъай, кинавниги чи вуго, жиндир напсалъул гIайибал лъаларевлъун. Напсалдехун къеркьей гьабун гIасилъаби тедал, цо-цо нухалъ ракIалде ккола напсги чIаранин, тIабигIатги лъикIлъанин ва гьелдехун къеркьеялдаса гIейги гьабилин абун. ХIакъикъаталдаги лъикIаб тIабигIат буго иман, квешаб тIабигIат буго нифакъ».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда муъминзабазеги мунапикъзабазеги къокъаб къагIидаялда сипат гьабуна гьеб тIабигIат лъикIлъи ва квешлъи бугин абун. Гьездасан дагьабго жо рехсезе бокьун буго, лъикIал тIабигIатазул гIаламатал лъазе рукIине.

«Аль-Муъминун» сураялъул байбихьуда ругел аятазда Аллагьас ﷻ муъминзабазе сипат гьабун абулеб буго: «Жидер киналго анищазда ва хьулазда кверщел батана муъминзабазул». Дунялалдаги ахираталдаги жал бахьи бугеллъунги руго гьел. Щал гьелин абуни: «Как балеб мехалъ жал цIакъ хIинкъун, хIелун, Аллагьасул ﷻ къадру, кIодолъи ва жидер загIиплъи лъан рукIунел. Жидеца кинабниги гIададисеб, батIулаб, гьересияб калам ва гьеб гьабулеб мажлисги рикIкIад толел. Жидеца боцIи-малалда, гIарац-меседалда тIалъараб паризаяб закагIатги кьолел. Жидерго гIавраталги хIарамаб жоялдаса цIунулел. Жидеца тIадкъараб аманат тIубалел ва гьабураб къотIи цIунулел. Жидеца паризаял какал гIужда раялда ва хIукъукъал тIуразариялда тIадчIей гьабулел. Гьал сипатал жидее ругел муъминзаби руго, жидеца алжан ирсалъе босизе мустахIикъал гIадамал».

«Тавбат» сураялъул 112-абилеб аяталда буго: «Гьединго алжаналъул агьлуялдасан руго мунагь-хатIаъ ккараб мехалъ жидеца тавбу гьабулел, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ ихлас бугел, цохIо Аллагьасе ﷻ гурони гIибадат гьабуларел гIадамал. Жидеца Аллагьасул ﷻ нигIматазда данде гIемер рецц ва шукру гьабулел, жал ракьалда тIад Аллагьасул ﷻ дин тIадегIан гьабун, гъазават гьабун хьвадулел. Как балаго рукугI, сужда камил гьабун Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялда балел. ЛъикIалдалъун амру ва квешаб гьабиялдаса нахъги чIвалел. ШаргIиял хIукмаби хвезаричIого, диналъул гIурхъаби цIунулел. ХIалал-хIарам батIа гьабулел гIадамал. Гьединал муъминзабазда дуца рохел бице, МухIаммад ﷺ». Ахираталда жидее ругел гIурхъи гьечIел нигIматаздалъун.

«Фуркъан» сураялъулъги руго 63-абилеб аяталда муъминзабазул хIакъалъулъ гьадинал рагIаби рехсон: «Аллагьасул ﷻ лагъзалин абизе рекъарал гIадамал руго жал ракьалда хьвадулелъул бигьаго, Аллагьасе ﷻ хIелун рилълъунел. Жидедехун жагьилал, ахIмакъал гIадамаз хъачIаб рагIи бициндал, «Саламин» абун толел» (квешаб рагIи абуларел).

Жиндир жанисеб рахъалъулъ щаклъи бугев чияс напс баккизабизе бегьила гьал аятазде. Гьал сипатал жиндилъ рати буго лъикIаб тIабигIат букIиналъе гIаламат, ратунгутIи - квешал тIабигIатал рукIиналъе гIаламат. Цоял ратун, цогидал ратунгутIиялъ тIоритIел гьабула гьесул хIал кIиялдаго гьоркьоб букIиналде. Гьединлъидал гьес тIадчIей гьабейин абе жиндилъ ругел цIуниялдаги, гьечIел хIасуллъизариялдаги.

Аварагас ﷺ муъминзабазе гIемерал батIи-батIиял сипатаздалъун сипатал гьаруна ва гьел киназдего ишараги гьабуна тIабигIат лъикIлъи бугин абун. Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Муъминчи вуго жиндир напсалъе бокьулеб жо диналъул вацасеги бокьулевлъун», - ян.

Аллагьас ﷻ щивасе тавпикъ кьеги хIакъикъиял муъминзабазул нух ккураллъун рукIине. Амин.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...