Аслияб гьумералде

Хьул лъей

Хьул лъей

Аллагьасда хьул лъей тIадегIанал макъамаздаса макъам ккола. Хьул лъей абула нилъее бокьараб жо букIинесеб заманалда нилъее щвеялъухъ балагьун чIеялдалъун рекIее щолеб асаралда. Якъинго ккезе букIин лъалеб жоялъухъ балагьун чIеялда хьулилан абуларо.

Масала, радал бакъ баккизе дир хьул бугилан абуларо, гьеб баккулеблъи якъинаб жо бугелъул. Хьул лъезе ккани, цо гIилла къваригIуна. ГIиллаго гьечIого цо жо бокьиялдаги хьул лъейин абуларо. Масала, инсанас лъикIаб ракьги бекьани, гьениб сахаб хьонги хьани, гьеб ракьги лъалъани, гьениса бачIин бакIариялъухъ балагьун чIеялда хьул лъей абула. Щайин абуни, гьес жиндир ихтияралда бугебщинаб жоги гьабуна, гьанже гьеб хур тIабигIиял балагьаздасаги цIунун, Аллагьас хьон бижизабиялъул хьулалда чIезе бегьула инсан.

Амма лъикIаб ракьги балагьичIого, сахаб хьонги хьачIого, гьебги лъалъачIого Аллагьас бачIин кьеялъухъ балагьун чIеялда хьул лъейин абуларо, анищилан абула. Хьул лъей гIакъиласул пиша ккола, анищал гьари ахIмакъасул иш ккола. Гьединго Аллагь гурхIизеги, Гьев разилъизеги, Гьес алжаналъул даражаби кьезеги бокьарав чи, жинда бажарараб куцалъ гIелмуги лъазабун, тIагIат-гIибадатги гьабун, мунагьал гьариялдасаги, шубгьа-хIарамалдасаги цIунун хьвадулев вугони, гьесие рес букIуна хьул лъезе.

Гьедин лъураб хьул Аллагьасеги бокьула. Амма батанщинабги гьабун, Аллагь гурхIарав вугилан абун чIей шаргIаль какула. Гьединал чагIазда хирияб Къаръаналда кьварун лъазабун буго нуж Аллагьасул гурхIелалдалъун шайтIаналъ гуккизе рукIунгеян. Инсанасе анищ лъураб жо букIунареблъиги бичIчIизабулеб буго хирияб Къуръаналъ.

Къокъго абуни, хьулалъ инсан гIибадат гьабизе тIамулев вугони, гьеб рикIкIуна лъикIаб хьуллъун. Инсанасда ккезе бегьуларо кигIан мунагьал гьуруниги Аллагь гурхIуларин абун, гьединав чиясе чара гьечIого къваригIунеб жо буго ТIадегIанав Аллагьасда хьул лъей. КигIан гIасилъиялда чиясул гIумру аниги, Аллагьасдаса хьул къотIизе бегьуларо. Къуръаналдаги ТIадегIанав Аллагьас амру гьабуна:

«Нужер хьул къотIуге Аллагьасул рахIматалдаса», - ян (сура «Зумар», аят 53).

Хасго хьул къотIизе бегьуларо хвалил унти чIварав чиясул. Хасго жакъа къоялъ коронавирусалъ унтаразги Аллагьасдаса хьул къотIизе тоге. Нилъеца кинаб пикру Аллагьасдехун гьабуниги, гьединавлъун ватизе вуго нилъедаги. Аллагь гурхIулев, мунагьал чурулев вугин хьулгун чи хвани, Аллагь гьесда гурхIулевлъун, мунагьал чурулевлъун ватизе вуго.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...