Аслияб гьумералде

Къосеналъе гIиллалъун хIадис

Къосеналъе гIиллалъун хIадис

Цояс абизе бегьула хIадисалда нахърилълъине лъикIаб бугин Абу ХIанифал ва ШафигIил пикруялдасагиян. Гьединазе хIафиз, имам Загьабияс жаваб кьуна: «ЛъикI буго, гьеб хIадисалъул хIакъалъулъ кIалъазе ккола имам Абу ХIанифадаса ва имам ШафигIиясдаса гIелмуялъ тIадегIан рахарал имам Малик, Суфьян, Лайс гIадинал мужтагьидзаби.

Жеги гьеб хIадис кьучIаб ва цогидал ругънадаса цIунараблъун букIине ккола. (ХIадисгIелмуялда жаниб ругъун балагьи цIакъ захIматаб гIелму буго. Бокьарав чиясда жибги бажарулареб. Жакъасеб къоялъ живго лъикIавлъун вихьун гьеб гьабизе лъугьарасе жеги захIматаб бугеб. Щайгурелъул цере рукIаразул гьоркьоб заман дагьаб букIана, гьелъ бигьаяб букIана. Гьеб лъазе жакъа нилъ гIалимзабазул тIахьазде руссине ккола). Жибго хIадис босун, гIалимзабазул пикру халгьабичIого гIамал гьабизе бегьуларо». («Сияру агIламу Нубула»).

ГIумар ибн ГIабдулгIазизица абуна: «Цере рукIаразда данде кколеб пикру босе нужеца. Гьезда нужедаса цIикIкIун лъалеб букIана», - ян.

Имам ибн Ражаб ХIанбалияс абуна: «Жакъасеб къоялъ Имам ШафигIил, АхIмадил, ИсхIакъил ва цогидал имамзабазул рагIаби рехсон, лъан руго. ГIадамаз цIуни гьабизе ккола гьезда хадуб бачIараб, данде кколарел пикрабаздаса. Щайгурелъул гьезда хадур раккана къокъаби жал суннаталда ругинги абун гьелда данде кколарел жал гьарулел, гьебги имамзабазул нухдаса кьуриялъ буго. Гьез абизе байбихьана имамзабаз абичIеб, хIадисазда мугъчIвазе байбихьана имамзабаз мугъ чIвачIеб».

ГIабдуллагь бин Вагьбица абуна: «Дун дандчIвана 360 гIалимгун ва гIелмуги босана, кинниги имам Малик ва Лайс рукIинчIелани, дун къосинаан гIелмуялъулъ». (Мукъаддимат, ибн ХIиббан).

Гьалдасан бичIчIулеб буго бокьа-бокьарав чиясда кIолареблъи хIадисалъе магIна кьезе. КIудиял имамзабаз гьадин абулеб мехалъ, нилъеца щибха абизе кколеб?

Суфьяну Саврияс абуна: «Руго хIадисал жинда гIамал гьабуларел», - ян. («ШархIул ГIилал», ибн Ражаб ХIанбали).

Къокъго абуни, гIамал гьабуларел хIадисал руго, гьел кьучIал ругониги. Масала, хIадисалда гIамал гьабичIого букIине бегьула гьеб насху гьабун букIиналъ, гьебги лъаларо факъигьасда гурони. Гьелъ фикъгьи нилъеца босуларо хIадисалдаса, факъигьасдасан босула, жиндаги лъалеб щибаб темаялъул хIадис, насху гьабураб ва киналда бегьулареб гIамал гьабизе. Доб мехалъго рукIана мухIаддисал, хIадисалъул магIна бичIчIизе кIоларого факъигьасул кумек гьечIого. ХIатта нилъеда лъала, асхIабзабазда гьоркьорцин факъигьзаби киналго рукIинчIеллъи.

Жакъа цо гIелмуялъул магьир вахъине ккани, разе кколелщинал соназухъ балагье, гьебги рагIа-ракьанде щун лъазабизе бажаруларел нилъищха хIадисазе ва Къуръаналъе хIукму кьезе кIолел чагIи. Жакъасеб къоялъ усул-фикъгьиялъул кIудияв гIалим чи вуго ХIасан Гьиту. Гьес жиндирго тIехьалда хъвалеб буго: «Аллагь гурхIаги жиндирго макъам бичIчIун гьелда гIей гьабурав чиясда (гIелмуялъулъ)», - ян. Гьеб бичIчIизе цо-цоязе ТIадегIанав Аллагьас тавпикъ кьеги.

Къокъго абуни, нилъеца рехсана гIалимзабазул рагIаби ва гьез бицана хIадисаздаса нилъгIадинал загIипаз хIукму босизе бегьулареблъи. Цере рукIарал салафу-салихIуназ рикIкIун буго факъигьзабазда хадур нилъ ине кколеблъи. Жалго мухIадисазда бичIчIулеб букIинчIеб мехалъ хIадисазул магIна факъигьасда гьикъичIого, нилъедайищ гьелъие магIна кьезе лъалеб?

Дица абулеб гьечIо гIелму лъазабугеян, абулеб буго цере рукIаразул тIахьаздаса гIелму босизе кколин. Гьебги буго нилъеде щвезегIанги имамзабаз ккураб нух. БатIияб нух нужеда малъулесе бокьун буго нуж мекъи ккезаризе. Гьеб бичIчIа. Ахиралдаги рехсезе бокьун буго имам, хIафиз Загьабиясул рагIаби: «ХIадисгIелму цебе цIакъ багьа тIадегIанаб букIана. Амма гьеб тIахьазде буссиндал, гьелда гъорлъе лъугьана, ай тIахьал хъвазе ва гьелъие магIна кьезе лъугьана гьелдехун гъоркьоблъиго гьечIел чагIи». («Сияру агIлами Нубула»).

Жакъа цо-цояз абула хIадисазул тIахьазда гьечIел хIадисал ратулин. Цинги гьез нахъчIвала мазгьаб ва ункъавго имамасул рагIаби. Гьебги буго жагьиллъиялдасан баккараб жо. Гьезие нилъеца бачина ибну ХIажар ГIаскъаланияс гьабураб калам: «ГIемерисел хIадисазул тIахьал тIагIана дунялалда хисабасиял ва рагъал ккараб заманалда. Рес буго ункъалго имамзабаз рачарал хIадисал гьенир рукIине ва жакъа нилъехъе щвечIого хутIизе. Нилъеда лъала гьел имамзаби кутакалда машгьурал гIалимзаби рукIараблъи. Гьединго гьел рукIана чIахIиял мухIадисал. Имам ШафигIил хIакъалъулъ абулаан, гьевгIадин хIадисалъе магIна гьабизе лъалев чиго вукIинчIин. Гьездаги божичIони, лъида божилел?» - ян.

БитIараб нух кквезе ва гIелмуялъул мурад бичIчIизе Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги.

Шамил Мухiаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...