Аслияб гьумералде

Хехдариялъ рачуна...

Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.

 

ГIакълуялъул рахъалъ инсан лъугьуна загIипаб пикруялъул, захIматал суалазухъ тIадчIун халгьабуларевлъун. Гьелъ вачуна гъалатIал гьариялдеги. Гьеб хIал черхалде бачIине тейги какараб буго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Хьул къотIарал чагIазда гьоркьов вукIунге», - абун (суратул «ХIижр», 55 аят). Гьелъ рачине бегьула иман бахъун ккеялдеги. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Жиндир БетIергьанасул ﷻ цIобалдаса къосарал чагIазул гурони хьул къотIулищ?» - абун (суратул «ХIижр», 55 аят).

Хьул къотIун лъугьиндал ботIролъе рачIарал хIажат гьечIел пикраби сабаблъун чиясул ракIалде рачIине бегьула ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рекъоларел хасиятал чIезари ва гьелъул хIасилалда живгоги кIудияб мунагьалде ккезавулеб. ЗахIматал къояз рекIелъ чIвачIвади лъугьинабулел хIалазулъ бихьизабизе ккола чияс жиндирго унго-унгояб иман, Аллагьасда ﷻ цебе гIодобегIанлъи, Гьесде ﷻ хIажалъи. Дунялалъул рокъоб чиясда тIаде рачIунел къварилъаби руго хIалбихьиялъе, ахираталда даража кири цIикIкIиналъе. Кинабго лъугьуна ТIадегIанасул ﷻ амруялдалъун.

Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулелдаса ккола: «Дица Дир лагъасе гьабила гьес Дир кинаб пикру гьабулеб бугебали халгьабун. Гьесул Дидехун лъикIаб бербалагьи батани, Дица гьесие лъикIаб гьабила, гьес Дир квешав вугин абун пикру гьабулеб батани, Дицаги гьесие квешаб гьабила», - абун (имам АхIмад). Гьелъ, киданиги бегьуларо Аллагьасдехун ﷻ мекъаб пикру бижизе, Гьесда лъала нилъее лъикIабги квешабги, нилъеда тIадаб буго бихьаралда шукругун сабру гьаби.

 

Щай чиясул хьул къотIулеб?

ТIоцебесеб гIиллалъун рехсолеб буго хехдари. Хехдариялъ инсан вачуна масъала гьебсагIатго тIубазе къваригIиналде. Гьеб тIубан рагIалде бахъунарого, гьабураб дугIаги жаваб щоларого бугеб мехалъ, шайтIаналъ байбихьула гьесда тенкезе: «Дур БетIергьанас ﷻ мун рехун тана, дур дугIаялъе жаваб щвечIо, цоги жоялде гьанже хьулго гьечIо», - абун. Цинги байбихьула батIи-батIиял рагIаби абизе ва хьамизе. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Инсанас (цо-цо мехалъ) квешалдалъунги гьабула дугIа (ццим бахъараб мехалъ сабру гьечIолъи сабаблъун), лъикIалъе дугIа гьабулебго гIадин. Ва инсан вуго (жиндир тIабигIаталдалъун) гIедегIулевлъун», - ин (суратул «Исраъ» 11 аят).  Киданиги ракIалде ккезе бегьуларо Аллагьас ﷻ рехун танин абураб жо. Гьеб буго жагьиллъиялъул донкIо.

КIиабизе, лагъас ккараб жоялъе къимат шаргIалда данде кколареб куцалда кьей, лъугьараб ишалъулъ Аллагьасул ﷻ хIикматалде мугъчIвай гьабунгутIи.

Лъабабизе, киназдаго гIайибал чIвазе лъугьин. Пуланазул гъалатI сабаблъун бегьуларо тIубараб жамгIияталдего гIайибчIвазе, нилъер заманалда букIунеб кинниги. РакIалде кколеб буго жидее хиянат гьабунин. Сабру тIагIараб, хьул къотIун лъугьараб мехалъ гIайибчIвалеб буго ТIадегIанав Аллагьасдецин ﷻ.

Ункъабизе, лъикIаб-квешалъул бичIчIи жиндие кьолеб гIакъилаб гIелму гьечIолъи. ГIелму бугесда лъала тIаде бачIараб Аллагьасул ﷻ рахъалдаса букIин, гьеб тIаде биччарас нахъеги босулеблъи.

 

Хьул къотIиялъул кIиго тайпа

ТIоцебесеб: ТIадегIанав Аллагь ﷻ жинда тIаса лъугьине вугин абураб жоялда божилъи гьечIолъи. КигIан мунагьал гьаруниги, чиясда ракIалде ккезе бегьуларо ТIадегIанав Аллагь ﷻ жинда тIаса лъугьинарилан. «БетIергьанасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIуге, Аллагьас ﷻ киналго мунагьал (чури тIалаб гьабун вачIарасул) чурула. Гьев ﷻ вуго ГурхIулев, мунагьал чурулев», - ин абулеб буго ТIадегIанав Аллагьас «аз-Зумар» сураялда. Жиндаса Аллагь ﷻ тIаса лъугьинарин ккун хьул къотIани, гьелъ рачуна хадубккунги битIараб нухде рачIунгутIиялде, мунагьал гьариялде.

Гьелъ, кинаб мунагь кканиги, чи вуссине ккола Аллагьасде ﷻ, гьабизе ккола тавбу. Тавбу гьабун вуссарав БетIергьанасе ﷻ вокьула.

КIиабилеб: дунялалъул ишаздаса хьул къотIи. Муъминчиясул рухIияб хIал дунялалъул буголъи сабаблъун хисардулеблъун букIине бегьуларо. ТIоцебесеб иргаялда, бичIчIизе ккола Аллагьас ﷻ гьаб дунял инсанасе хIалбихьилъун гьабураб букIин. Дунялалъул аслуги гьалъул мурадги буго захIмалъабазулъ бергьенлъи боси, инсанас жиндир иманалъул цIураб ракIги гIамалги бихьизаби. Цинги гьелъ чиясе цо къоялъ нугIлъиги гьабизе буго. Сабруяб рахъ букIун батани - лъикIалдалъун, хьул къотIараб букIун батани - квешалдалъун.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги лъикIалъе! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...