Аслияб гьумералде

Мода жибго те

Мода жибго те

Аварагасул хIадисазулъ рехсей буго жал жужахIалъуре рехизе ругин абурал чанго чагIазул хIакъалъулъ. Гьел чагIи жакъа, жидедаго лъачIониги, цIакъго гIемерлъулелги руго, жидер тIалаб-агъаз гьабизе кколез кIвар гьабичIого тун, гIадатияб жо гьеб бугеб гIадин кколебги буго гьезда.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Рехсей гьабизе бокьун буго нилъеца ва лъималаз ретIунеб ратIлил.

Лъимал руго эбел-инсуца малъулелъухъ гIенеккизе ва гьез абуралда нахърилъилъине кколел чагIи. Гьелдалъун БетIергьанас нилъеде амруги гьабун буго. Амма жалго умумул ругони модаялде бачIанщиналда хадурги рилълъунел, чIахIияз гьабуралъул кIварги гьечIел, щиб гьез лъималазда малъизе бугеб? Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, чара гьечIого къваригIун буго цин нилъецаго мисал бихьизабизе, цинги нилъедаса мисал босизе гьезиеги бигьаго букIуна. Щайин абуни, лъимал кколелъул чIахIияз гьабулеб бихьараб такрар гьабулеллъун.

ТIоцебесеб иргаялда, ретIел букIине ккола жинс батIияз ретIунареб (бихьинчиясе бегьуларо чIужугIаданалъ ретIулеб, чIужугIаданалъе - бихьинчияс ретIулеб ретIине). Гьелъул хIакъалъулъ ибну ГIабасица бицана, аварагас нагIана кьунин руччабазда релълъенлъи гьабулел бихьиназе ва бихьиназда релълъенлъи гьабулел руччабазеян абун (Бухари).

Жакъа гIолилазухъ хал гьабе, ретIунеб ретIелги гьабулеб гIамалги, нахъасан валагьарасда щиб жинсалъул чи гьавин абун ватIа вахъизе лъаларедухъ букIуна.

Рехсараб хIадисги цIалун, имам Нававияс хъвалеб буго: «Чияс жиндирго гIамал, гьабулеб пишаялдалъун яги ретIелалдалъун жинс батIиязда релълъенлъи гьабулеб бугони, гьев ккола аварагас нагIана кьурал чагIазда гьоркьове», - ян.

Дунялалъул рокъоб лъиего бокьуларо жидер лъималазул лага-саналъе щибго гъая ккезе, амма гьаниб гьабураб гIамал бихьун ахираталда букIине бугелъул кIудияб кIварго гьабуларо. НагIана жидее кьуразе ахираталда лъикIаб жазаъги гьабилищха?!

Гьединлъидал, ретIулелъул хал гьабичIого бегьуларо. Руччабазе лъикIаб гьечIо, чияр чагIазул берал тIаде цIалеб гIадаб цIакъго гвангъараб, тIад къараб ретIел ретIине. РетIарабги букIине ккола бахчизе тIадал бакIал рахчулеблъун. Щайин абуни, гIезегIан рукIуна руччаби хIижаб чIварал, гIатIидаб ретIел ретIарал, амма хIатIазда ретIарал щватаби, чияр модаялда хадур рилълъун, хIатIихинкIал раккун ругел. Цояб бахчун, цогияб рагьун тун ретIараб ретIелалъул пайда щиб, гьеб бегьулеб жо гуро, хIатIихинкIал гIавраталда гьоркьоре уна. Гьеб бичIчIизе ккола.

Аллагь гурхIаги!

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...