Аслияб гьумералде

Тiаде бачiин нахъчiвалеб

Тiаде бачiин нахъчiвалеб

Диналъ нилъ ахIула лъикIлъи тIибитIизабизе, вацлъигун гьудуллъи щула гьабизе, цогиязул хIал баччи гIадал гIамалал кквезе. Гьелъие сабаблъун ругезул цояб ккола БетIергьан Аллагьасгун хирияв аварагас нилъ ахIулеб садакъахайрат гьаби. «Нижеца ризкъилъун кьуралдаса нужеца напакъаде жо кье…», - ян буго Къуръаналда (суратул «Мунафикъун», 10 аят).

ХIадисалда буго квер сахаватлъи бугин, жиндир аслу Алжаналъуб бугеб гъветI, гьелъул гIаркьалабийин абуни - дунялалде даларал. Гьелде квер бегьун, гьелда хурхарав чи вугони, гьев гIаркьелалъ Алжаналъуве цIала. Гьелдаго релълъун буго бахиллъиги, гьебги буго жиндир аслу жужахIалъуб бугеб гъветI, гIаркьалабиги дунялалде далараб. Гьелде квер бегьун щив вугони, гьеб гIаркьелалъ гьев вачуна жужахIалдеян.

Жеги Аварагасул хIадисалда буго: «Муъминчиясул садакъаялъ гьелъул бетIергьанасдаса дунявиял балагьал, хабал питнаби, Къиямасеб къоялъул гIазабал нахъе чIвала», - ян абунги.

Садакъадул бициндал, бачIинахъего нилъер ракIалде рехула боцIи-мал кьеялдалъун унтараб суал. БоцIи-мал кьей гуребги гIемераб буго садакъаялъул даражаялда жиб бугеб гIамал-хасият. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Бусурбанчиясдехун гьумер витIун кIалъай дур садакъа ккола, лъикIалде гьесизари ва гьукъаралдаса кантIизари дуе садакъа буго, нухда мекъи ккарав витIизави садакъа буго, лъикI бихьуларесе кумек гьаби дуе садакъа буго, нухдаса гамачI, заз-хъарахъ, ракьа гIадаб нахъе рехи дуе садакъа буго, гьединго, дур цIарагIалда жаниб бугеб лъим бикьун диналъул вацасулалъубе тIейги дуе садакъа буго», - ян. Жеги гIемерал гIамалал руго жал гьарулаго аварагасги гьарулел рукIани абун, нилъеца гьаруни кири хIасуллъулел.

Гьединалдасан буго аскIове вачIарасда берцинаб рагIи абун ракI батизаби, «Нужеца жужахIалъул цIаялдаса цIуни гьабе бащадаб чамасдак садакъаде кьунги, гьеб гьабизеги рес батичIес лъикIаб рагIиялдалъунгIаги гьабе» (Бухари).

ЛъикIаб гIамал гьабизе квербакъи, хIажатал тIурай, унтидал ваккизе ин, хварасул жаназа тIобитIи гIадабги ккола садакъа, БетIергьан разилъиялъул мурадалда жиб гьабулеб. Жабир асхIабасдасан бицараб хIадисалда гьадин бугинги абулеб буго: «ШаригIаталъ бегьизабураб щибаб гIамал гьабиги садакъа буго», - ян (Муслим).

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Бусурбанчиясда берцинаб рагIи бицин, гьев гьечIев бакIалда лъикIаб дугIа гьаби, лъикIалдалъун гьев рехсей ва гьесдаса жиндие ккараб зулму-зарал тIаса лъугьин лъикIаб буго, гьесие садакъа кьун яги цоги лъикIаб иш гьабун цинги гьеб бадибчIван гьев гIодовегIан гьавиялдаса…», - ян (суратул «Бакъарат» 263 аят).

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...