Аслияб гьумералде

Къо-мех лъикI, 2022 сон

Къо-мех лъикI, 2022 сон

ХIурматиял бусурбаби! Гьале нилъер гIумру унеб буго. Араб соналъулгун къо-лъикIги гьабун, бачIунелда дандчIвай гьабулеб мех гIагарлъун буго. Гьедин парахатго нилъ рукIаго, гIумруялъул къоял дагьлъулел рукIиналде кантIулелги гьечIо. Цо-цогIаги матIуялда цере чIараб заманалда гъодинго гIолохъаналго ругин абун ракIалде кколеб буго щивав чиясда.

 

Сон ин ккола кутакалда инсанас тIад пикру гьабизе кколеб жо. Щайгурелъул гьеб буго нилъер гIумруялъул цо сон тIаса беки. ЦIакъго рекъараб буго кин гьеб сон тIамурабали пикру гьабизе. Кинал лъикIал ишал ккарал, кинал квешал гIамалал гьаруралали. Гьездаса тавбу гьабизеги кIочене бегьуларо.

Гьанибго бицун тела цо гьадинаб ишалъулги. Гьаб заман буго инсан херлъулареб, ай жив херлъанин, гIумру ахиралде щолеб батилин кколареб. Цо-цояз абизе бегьула гьедин гьечIин абунги. Кин бугониги, дун дирго пикруялда чIела. Щайгурелъул, 60-70 сонил ригьалда ругел гIадамазул дунялалде бугеб кутакаб гIищкъугун гъира бихьараб мехалда ракIалде ккола гьаз жеги 100 сон базе батилин абун. Гьелъие нугIлъи гьабула къачIалел рукъзабаз, тIад ретIунелъулгун квана-гьекъолелъул гьабулеб кутакаб тIалаб-агъаз бихьидал.

Дица абулелъул магIна кколаро херлъанинги абун хвезе регайин абураб. Дир мурад буго, дагьабгIаги цIикIкIараб гIумруялде чи вахиндалгIаги кантIизе ккелин гIибадат цIикIкIинабизе, лъикIаб рахъалдехун вуссун, гIелму-гIибадат цIикIкIинабун вукIине абураб.

Балагье, гьаб заманалда гIадамал холел руго херлъичIого. Дагьалниги рукIкIалаби гьурмаде рехани, лъикIанго харжалги гьарун, гьел инаризе рекерулел руго. БетIер-мегежалъул рас хъахIлъани, гьеб чIегIералъ белъине яхI бахъулеб буго. ХIакъикъаталдаги тIаде балагьун херавин ккезе чIолев гьечIо. Гьедин гIолохъанлъиялда хадув вортанхъилаго хвалица къвалги жемулеб буго.

Балагьеха бусурбаби, хасго ригьалде рахарал гIадамал, кигIан нилъ гIолохъаналин кканиги хвалица толищ? Гьеб мехалъ кинаб пайда бугеб гьелъул? Гьеб пайда гьечIеб жо рехун тун ахираталъе чара гьечIеб гIибадаталде руссине, кинабго кIвар гьелде кьезе рекъараб гьечIищ? Дунялалда ругел сагIтал ва минутал гIадада риччачIого Бичасе тIагIаталда тIамизе рекъараб гьечIищ?

Херлъун хадуб гьабураб магIишат кваназе заман хутIилищан лъаларел нилъ кидаго дунял хачалел ругони кинаб хIасил кколеб. БетIергьанасда цере рахъиндал кинаб жаваб кьелеб? Кухня цIияб лъезе хIалтIулев хутIанинищ, яги рокъоб цIияб мебель лъезе, машина лъикIаб босизе хIалтIулев вукIун гIибадат кIочаниланищ абилеб? Нилъецаго пикру гьабе, гьединаб жаваб къабул гьабизе рес бугищ?

Щибаб сон анагIан баккулеб буго цIи-цIияб лъугьа-бахъин. Арал соназ вабаалъул унтиялъ лъикIаб гьоболлъи гьабуна ва нахъе унелъул жибго инчIого цадахъ гIезегIанго гIадамалги рачана. Гьаб соналъ бачIана тIаде цоги амру. ТIадеялъул цоги баккила. Кинаб хIал бачIаниги нилъ рукIина разиго Аллагьас кьураб къисматалда.

РачIаха, бусурбаби, араб соналъ ккарал гъалтIаздаса тавбуги гьабун, Аллагьасда тIаса лъугьин гьаризин. Мунагьги гъалатIги кколарев чи вукIунаро. Нилъер иш буго ккараб мунагьалда ракI бухIун тавбу гьабулел рукIин.

 

 

гIабдуллагь мухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...