Аслияб гьумералде

ГIазаб гьабиялъул къагIида

ГIазаб гьабиялъул къагIида

Ахираталда щивасул гIамал бихьун хIисаб-суал гьабун хадуб, лъикIаб гьабурал алжаналде ритIула. Къуръаналда сипат гьабураб кинниги, алжаналъул агьлуялъе рукIине руго кьер-кьерал, дунялалда жеги рихьичIел, батIи-батIиял пихъал, ракьалда букIунеб гIадаб гуреб, мехтизе гьарулареб хъахIаб жа, цIакъ рацIцIадал, жидер россабаз гурони хал гьабуларел берцинал руччаби ва гь. ц.

ЖужахI

Квешаб гьабун дунялалда хьвадарал жужахIалъуре гъола. ЖужахIалъул агьлуялъе гьабулеб гIазаб букIуна щивасул гIамал бихьун, батIи-батIияб даражаялъул. Гьелъул бищун тIад бугеб ккола «Жагьаннам» абулеб. Гьенире рехула жидер мунагьаздаса гIафву гьабичIел бусурбаби.

Хадусел руго «ЖахIим», «Лазза», «СагIир», «Сакъар», «ХIутIамат», «Гьавият» абурал даражаби. «Гьавиятги» буго бищун ахада бугеб, мунапикъзаби жанире рехизе ругеб донкIо.

ЖужахIалъул квен-тIех

ЖужахIалда гьабулеб гIазаб букIуна кутакалда квешаб, бухIицIороялдалъун жибги бугеб, унтизабулеб. Дунялалда бугеб цIа, жужахIалда бугелдаса анкьго нухалъ лъелъеги рехун, цIорозабураб бугин абула. ГIаси-пасикъазе гIазаб гьабизелъун жужахIалда рукIунел руго жидее сипат гьабидалго гIазаблъун кколел борхьал, загьру букIунеб буго закъум абун. «ХIамим» абураб гьалдолеб лъим букIунеб буго кIалалда аскIобе босидалго куц бежулеб.

«Садид» абунги букIунеб буго гьекъезе кьолеб, жужахIалде рехаразул къаркъалаялдаса жибги бачIараб. Квен букIунеб буго «Гъассакъ» абун, рецI-хьвердалдаса гьабураб. ГIазаб цIикIкIун букIинелъун, гьениве ккарасул тIом биццат гьабун, къаркъала кIодо гьабулеб буго 70 нухалъ. Бищун бигьаяб тамихI гьабулесулги хIатIазда гъоркь бакараб цIаялъ гIадалнах гьалдезабулеб буго. ЦIороялдалъун гьабулеб гIазаб кутакаб букIунин абулеб буго цIаялдалъун гьабулелдасаги.

ЖужахIалъул хIакъалъулъ

Къуръаналда буго (магIна): «ЖужахIалда бижулеб закъумалъул гъветI буго жидер мунагьал гIемерал агьлуялъул тIагIам. Гьезул чохьонибги гьеб, биараб тIухьигIадин букIуна. Кутакалда бухIараб, гьалдолеб лъим гIадин гъваргъвадилебги букIуна», - ян (сурату «Духан» 43-46 аят).

«Закъумалъул гъветI буго жужахIалъул тIиналдаса эхеде бижараб. Гьелда тIад бижулеб пихъги буго цIакъ къабихIаб, шайтIабазул бутIрузда релълъараб (ракъиялъул кутакалъ гьеб кваназе лъугьуна жужахIалъул агьлу, гьелъул кьогIлъи ва махI кутакаб батун, гьезда гьеб кваназе кIоларо). Кин бугониги чара къотIиялъ гьез гьеб кванан чехь цIезабула. Цинги гьелъул кутакалъ къеч гьалаглъарал гьезие тIад гьекъезе хIамим кьола» (сурату «Саффат» 64-67 аят).

Цоги сураялда буго жужахIалде ккараз хIамим гьекъезе бугин лъим гьекъон гIорцIуларел варанабазго гIадинилан.

«Къосараб къавм ахираталда, жинца гьурмал режулеб, гьанги кваналеб жужахIалъул цIадаре лъугьинарила. Бежун, бухIун гьанги тIомги лъугIараб мехалъ, Аллагьас гьеб цIидасан бижизабила ва нахъеги бухIила, бежила» (сурату «Нисаъ» 56 аят).

Жеги абулеб буго, жужахIалда кваназеги гьекъезеги бугебго гIадин, ретIулеб ретIелги букIунин гIазаб цIикIкIинелъун цIаялдаса гьабураб.

КантIилъун букIине

«ХIулятул авлияъ» абураб тIехьалда рехсолеб буго асхIабзабазул заманалда гIумру гьабун вукIарав Ибрагьим атТаймия абулев чияс бицанин абун: «Цо нухалъ дица хиял гьабуна алжаналда ругел нигIматазул лазат босулевлъун живго вугев гIадин. Гьеб хIалалда вукIаго, дица рухIалда цIехана гьадинги букIаго сунде дуца хьул гьабулеб бугебин абун. РухIалъ бичIчIизабуна жинца хьул гьабулеб бугин алжаналда ругел абадиял нигIматал жегиги щвезе, Аллагьасул разилъиялъе гIоло цIикIкIун лъикIаб гIамал гьабизе, ракьалде тIад буссине.

Хадубги дица хиял гьабуна, жужахIалъувеги рехун, гьениб закъумалдаса кваналев ва хIамималдаса гьекъолев вугев гIадин. Гьеб мехалъги дица рухIалде бакка-бахъи гьабуна гьанже сунде хьул гьабилебин абун. Гьелъ абуна бокьилаанин гIазабалдасаги хвасарлъизе, ккараб гъалатIалдаса ракIги бухIун тавбу гьабизе ракьалде тIад буссине. Цинги дица гьелда абуна:

«Я, дир рухI, гьанже мун дурго анищ-хьулазулъ буго, гIамал гьабе», - ян

Хириял бусурбаби, диналъул агьул, хIисаб гьабеха БетIергьанас абулелъулги: «Гьал алжаналъул нигIматалищха лъикIал ругел (абадиялъго инсанасе рукIине жал хIадур гьарурал) яги (жужахIалъул агьлуялъул квенлъун бугеб) закъумалъул гъветIищ?» (сурату «АсСаффат» 62 аят).

Аллагьас нилъее киназего тавпикъ гьабеги, жужахIалъул цIадаре рехулездасаги ратугеги!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...