Аслияб гьумералде

Бищун кIудияб нигIмат

Бищун кIудияб нигIмат

ШайтIаналъ свак тун щаклъи бекьулеб, нафсалъ мунагьалде тIамулеб гьаб хIалбихьиязул дунялалда нилъер щивасе къваригIуна рацIцIалъи. ГIурхъи гьечIеб шукру БетIергьанасе ﷻ мунагьал гьаридал тавбу нилъее кьуралъухъ.

 

«Астагъфируллагь» аби гIицIго рагIабазул дандрай гуреб, муъминчиясул къуватаб ярагъ ккола. Гьезда жаниб буго къуват, Аллагьасул цIобалдалъун, бищунго чIахIиял мунагьалцин тIагIинаризе кIолеб. Аллагьасул Расулас ﷺ мунагь гьечIев вукIаниги, гьоркьоса къотIичIого ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ вуссун тIаса лъугьаян дугIаги гьабун, къойил 70 цIикIкIун нухалъ «Астагъфируллагь» абун! Гьоркьоса къотIичIого мунагьал гьарулел нилъеца кинаб хIалалъ тIадчIей гьабизе ккелареб гьел рагIабазда?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуца абе, МухIаммад! Я гьал жидеца напсазе зулму гьабурал Аллагьасул ﷻ лагъзал! Нужер хьул къотIуге Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса. ХIакълъунго, Аллагьас ﷻ киналго мунагьал чурула тавбу гьабун Аллагьасде ﷻ вуссарав чиясул. Аллагь ﷻ вуго мунагьал чурулев ва Жив муъминзабазда гурхIулев», - ян (сура «Аз-Зумар»).

Халгьабе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ «мунагь гьарурал» абичIо, «напсазе зулму гьабурал» абуна, гьелдалъун Гьесул ﷻ гурхIел-рахIму нилъер кинаб букIаниги мунагьалдаса цIикIкIараб букIин бихьизабун.

ХIакъикъияб тавбуялъул шар-тIаздасан ккола: гьабураб мунагьалда ракI-ракIалъулаб пашманлъи, мунагь гьеб хIалалда тей ва гьелде киданиги тIадруссинчIого рукIине щулияб къасд гьаби.

ЛъикIал гIамалалгун цадахъ гьабураб тавбуялъул, хасго садакъа кьейгун цадахъ, хасаб къуват букIуна. Аварагас ﷺ абуна: «Лъеца цIа свинабулеб гIадин, садакъаялъ мунагьалги свинарула», - ян (Тирмизи). Цогидаб хIадисалда буго: «Тавбуялъ жиндаса цебе гьабурабщинаб бацIцIуна», - ян (АхIмад).

Хириял муъминзаби! Аллагьасул ﷻ рахIматалде бугеб хьул шайтIаналъ бикъизе тоге. РакIалде щвезабе берцинаб хIадисул къудси, гьениб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Я, Адамил лъимер, дуца Диде ﷻ ахIулебгIан ва Диде таваккал гьабулебгIан мехалъ, Дуца щиб гьабуниги Дун тIаса лъугьине вуго ва гьелъул ургъелги гьабизе гьечIо», - ян.

ХIисаб гьабеха, Аллагь вохула Жиндирго лагъасул тавбуялдаса, квенгун, лъимгун авлахъалда жиндирго тIагIараб варани батарав сапарчиясдасаги цIикIкIун. Гьеб Халикъасул рохел ккола Гьесул нилъедехун бугеб рокьул бищунго кIудияб далиллъун.

Биччанте «Астагъфируллагь» абураб рагIи нилъее даимаб гьалмагълъун лъугьине: щибаб какда хадуб, кьижилалде, хIалбихьиялъул ва рохалил лахIзаталда.

Аварагас ﷺ абун буго: «Гьоркьоса къотIичIого тавбу гьабулев чи Аллагьас ﷻ щибаб пашманлъиялдаса тархъан гьавула, щибаб захIмалъиялдаса ворчIизе нухги хьул гьечIеб бакIалдаса ризкъиги кьола», - ян (Абу Давуд).

Я Аллагь! ГIемер тавбу гьабулел чагIаздасан гьаре ниж. Дунялалдаги ахираталдаги Дур ﷻ рахIмат щварал, Дур ﷻ ритIухъал лагъзадеридасанги гьаре. Амин.

 

 

Камил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...