Аслияб гьумералде

ГIемер ракIалде щвезабе

ГIемер ракIалде щвезабе

Хвел буго унго-унгояб хIакъикъат, жакъа-метер хвезе гьечIин абурал пикрабазда нилъ ругониги тохлъукьего тIаде жиб бачIунеб. Аварагас хIадисазда бицухъе, хвалил пикру гьаби буго Аллагьас тIад лъурал хIукъукъал тIуразаризе ва нахъчIваралдаса цIунизе кумек гьабулеб гIамалги. Гьеб ракIалде щвей гьукъулеб жоги буго нилъер дунялалдехун бугеб кIудияб рокьи.

Квераз гьабун тун гуреб рекIелъе биччан, дунялалъул ишазде чи машгъуллъараб мехалъ, гьелъул тIалабаз инсан толаро хвел ракIалде щвезабизе ва гьелде хIадурлъизе. Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда аварагас абулеб буго: «Нужеца лазатал хвезарулеб жо (хвел) гIемер рехсе», - ян (Тирмизи). Гьединлъидал, нилъее кутакалда рекъараб буго гьеб гIемер рехсезе ва ракIалде щвезабизе. Аллагьас Къуръаналда гьелъул рехсей гьабун буго 164 нухалъ. Гьебги гIеларищ хвел ракIалде щвезабиялъе кIудияб хIужалъун.

Хвел гIемер рехсеялдалъун бичIчIизе кIола ахираталда дандеккун дунялиял ишал гьари щибго пайда гьечIел жал рукIин, кантIула жив хведал нахъе хутIизе, ахираталда жаваб кьезелъун гIемераб магIишат тIалаб гьабунгутIиялде ва пайдаялъе батизелъун лъикIаб гIамал-гIибадат гьабизе. Хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна):

«Дуца абе, МухIаммад! Нуж жиндаса лъутулеблъун бугеб хвел чара гьечIого нужеда дандчІвазе буго. Гьелдаса рорчIизе бакI гьечIо. Цинги, къиямасеб къоялъ, нуж руссинаризе руго жинда кинабго жо лъалев БетIергьан Аллагьасде ва гьениб бицине буго нужеца дунялалда гьабураб кинабго гIамалалъул», - ан (суратул «ЖумгIат», 8 аят).

Ансаразул цояс аварагасда цIехедал бищун цIодорав ва талихIав чи щивилан абун, гьес r жаваб гьабун буго: «Бищун гIемер хвел ракIалде щвезабулев ва гьелде лъикI хIадурлъулев чи вуго…», - ян (АхIмад).

ГIали асхIабасги абун буго: «Гьаб дунялалъул нигIматаздаса дуе гIела Ислам динлъун щвей, машгъуллъиялъе гIела Аллагьасе гIибадат гьаби, вагIзалъунги гIела хвел (гьеб гIемер рехсей)», - ян. Хвел гIемер ракIалде щвезабиялъул пайдаби рехсолелъул чIахIиял чагIаз абулаан: «Хвел гIемер ракIалде щвезабулев чи лъабго нигIмат жиндие щваравлъун вуго: тавбу хехго гьаби, ритIухъаб ракI ва гIибадаталъулъ цIакъ бахъи бугев вукIин.

Хвел кIочон тарав абуни, лъабго жоялдалъун талихI къарав вуго: тавбу гьаби нахъбахъи, бугелда гIей гьабунгутIи ва гIибадаталъулъ кIвахIаллъи бугеб вукIин. Цо гIакъилав чияс жиндирго вацасда абун буго: «Я дир вац, гьаб дунялалда вукIаго мун хвалдаса хIинкъа, хвел тIаде щвезеги бокьун гьеб батулареб бакIалде ккелалде цеве», - ян. Аллагьас насиб гьабеги щивасе БетIерагьанасдаса хIинкъи ва Гьесие гIибадат гьабизе къуватгун тавпикъ! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...