Аслияб гьумералде

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи абураб жо нилъеда цIакъ гIемер рагIула. Гьелъул магIнаялъул хал гьабулищха нилъеца?

Нилъ ТIадегIанав Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулел ратула тIасан, амма рекIелъе гьеб ун батуларо. Нилъеда цебе щиб букIинебали лъалеб букIарабани, нилъ гьадин хьвадилароан. Гьелъин авараг ﷺ бищун Аллагьасдаса ﷻ хIинкъулевлъун вукIарав ва гьес абулаан дида лъалеб жо нужеда лъалеб букIарабани, нуж гIемер гIодилаанин ва дагь релъилаанин абун. Гьелъул магIна ккола, нилъеда цебе кIудияб хIисаб-суал бугин абураб.

Амма ракIал риццалъиялъ къиямасеб къоялъул кьогIлъи бичIчIулеб гьечIо. БичIчIулеб букIарабани нилъеца гьелъул пикру гьабилаан.

МацIги ккун, Абубакар-асхIабас абулаан, кинабго балагь тIаде гьалъ цIалайилан абун.

Балагьеха, чан чиясе зарал гьабулеб бугеб мацIалъ. Гьаниб бачине бокьун буго аварагасул ﷺ хIадис. Гьелда нилъеца гIамал гьабуни, гIемерал заралиял жал нилъеца тола, гIемерал балагьал нахъе уна, гIадамазда гьоркьоб къецги лъугIила. ГьедигIан кIвар бугеб хIадис буго.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Чиясул исламалъул берцинлъи ккола гьес кколареб жо жибго тей», - ян.

Чан бакIалда гьоркьоре нилъ лъугьунел, ай нилъее хIажатабго гуреб жоялде.

Абу Дардаица бицана: «Какилъ Ибрагьим аварагасул карандаса рикIкIаде сас рагIулеб букIана, Аллагьасдаса ﷻ гIемер хIинкъиялъ», - ян.

Ибну МасгIудица абуна: «Муъминчиясда жиндирго мунагьал тIад борхараб мегIер гIадин бихьула, жиндаго тIаде бортизе хIадурараб, мунагьчиясда жиндирго мунагьал рихьула могIрода тIад бугеб тIутI гIадин (могIрода цун килищалъ бихьизабунила)», - ян.

ГIали ибну ХIусейн какие чурулев мехалъ, кьер тIун лъугьунаанила. Гьесда гьикъидал щиб ккарабилан абун, гьес абулаан: «Нужеда бичIчIуларищ лъида цере нуж рахъун чIезе ругелали?» - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рекIелъ иман бугел, Жиндаса хIинкъулел гIадамал кIодо гьарула.

КагIбул АхIбарица бицана: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIадурун буго цо хъала, жибги якъуталъул гьабураб. Гьелдаги тIад руго азар-азар хъулби ва жаниб азар-азар рукъзал. Гьенир чIоларо цохIо аварагзаби, вализаби, шагьидзаби, гIадилав имам, яги нафсалъул хIукму гьабурал гIадамал гурони», - ян. Гьесда гьикъула нафсалъул хIукму гьабиялъул магIна щибилан? Гьес жаваб кьола: «Гьев чи ккола хIарамаб жо цебе бачIиндал гьеб ТIадегIанав Аллагьасдасан ﷻ хIинкъун тарав чи», - ян.

Зунун Мисрияс бицана: «ГIадамал битIараб нухда рукIуна жидее хIинкъи бугеб мехалда. Гьеб хIинкъи нахъе индал, гьел къосуна», - ян.

ХIакъикъаталда Аллагьасдаса ﷻ хIинкъулев чи битIараб нухдаса кьуруларо, бегьулареб жоги гьабуларо. Амма рекIелъ Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи гьечIони, Гьесда мун вихьулев вугин абураб пикруги гьечIони, бокьараб жо гьабула. Нич гьечIеб мехалъги бокьараб гьабулелъул чияс.

Гьединаб хIалалда нилъ рукIине ккани, нилъедаго тIад хIалтIизе ккола. Хур-ах лъалъачIони, гьелда хадур чIечIони, тIорщел кьоларо. Гьединго нилъги. РакI бацIцIад гьабизе ккола. Гьелъие бихьизабураб нухги тIарикъат буго, жеги гьелда ихIсаниланги абула. Гьеб ккола нилъер диналъул лъабабилеб рукну. Зунун Мисрияс абуна: «Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи гIамалазул хъаравул буго», - ян. Щайгурелъул гьелъ толаро мун бокьа-бокьараб, шаргIалда данде кколареб жо гьабизе.

Фузайл ибну ГIиязица абуна: «ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялъ вачуна кинабниги лъикIлъиялде», - ян.

Шайих Сагьлуяс абуна: «Макьилъ цо нухалъ дида бихьана Алжаналъуве лъугьарав гIадин. Гьенив дида дандчIвана 300 авараг. Щивасда дица цIехана дунялалда нуж бищун сундаса хIинкъулел рукIаралилан? Гьез жаваб кьуна: «Ахир мекъи ккеялдаса», - ян.

Цо нухалъ ШагIбиясда абула, я гIалимилан абун. Гьес абуна гIалим кколин ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарав чи. Къуръаналда БетIергьанас абуна: «Аллагьасдаса ﷻ хIинкъулел чагIи руго гIалимзаби», - ян. Балагьеха, Аллагьас ﷻ хIакъикъаталдаги Жиндаса хIинкъулел чагIи гIалимзаби ругин баян гьабун бугеб куц. Гьелги ккола Аллагь ﷻ лъарал гIалимзаби.

Шайих Абу ГIусманица абуна: «Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялъул битIараб магIна ккола, варагI цIуне загьиралдаги батIиналдаги», - ян абураб.

Абу Сулайман Даранияс абуна: «РекIелъа ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ бугеб хIинкъи нахъе ани, гьеб ракI чIунтула», - ян.

Ибрагьим ибну Суфяница абуна: «РекIелъ Аллагьасдаса ﷻ бугеб хIинкъи чIараб мехалъ, киналниги шагьватал рухIула ва дунял рикIкIалъула», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъее тавпикъ кьеги Аллагьасдаса ﷻ хIинкъизе ва ракI бацIцIад гьабизе. Амин!

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...