Аслияб гьумералде

Ццим бахъани, щиб гьабилеб?

Ццим бахъани, щиб гьабилеб?

Ццим бахъин ТIадегIанав Аллагьас нилъеда жаниб лъураб тIабигIат буго. Гьеб тIубанго тIагIинабизе тIадабги гьечIо. Аллагьасул хIикмат буго гьеб гьоркьохъеб куцалда чIезаби.

Ццим бахъине тани гьелъ гIемерал пасалъаби гьарула. Аварагасги малъана нилъеда ццим бахъинчIого рукIаян. Кинниги чияс живго виччан тани, пасалъула, гьединлъидал жиндаго тIад хIалтIи гьабизе ккола. Напс квегъизе кIолев чи ватани, гьес ццим бахъиналдаги тIад кверщел гьабула. Амма гIемерисезда кIолеб гьечIо ццималда данде чIезе. Сулайман ибн Сурадидасан бицана:

Аварагасда цере гIодор чIун рукIаго кIигоясул ккана дагIба. Гьел хIалуцунги лъугьана. Гьеб бихьидал Бичасул Расулас абуна: «АгIузу биллагьи мина шшайтIани рражим» абуни, ццим бахъин нахъе уна», - ян (имам Бухари, имам Муслим).

Рос-чIужуялда гьоркьоб кьал ккараб мехалда, ццим бахъиялдалъун тIубараб гIумруго хвезабун батула. Хасго гьезда гьоркьоб шайтIаналъ хIалтIи гьабизе байбихьула. Амма гьезул цоязда лъани руцIцIун чIезе яги къватIире ине, гьелъ кIудияб кумек гьабула ва балагьаздаса цIунула. Амма нилъер гIаксалда букIуна, хехго пасалъи гьабун батула. Ццим бахъиндал абун ратула ракI бекизабулел рагIабиги. Гьелъ черхалда рекIеда ругъунги лъола. Нусалъ къотIараб сахлъулин, рагIабаз унтизабураб ракI сахлъуларин абулелъулха.

Гьаб заманалъул унти буго социалиял гьиналги. Гьениб жеги квешго ццидахун лъугьуна гIадамал. РакIалде бачIанщинаб хъвала. Амма нилъеда кIочоне бегьуларо нилъер кIигъуждузда тарал малаикзаби ругеблъи, гьез нилъеца абурабщинаб хъвалеблъи. Ибн ГIабасица бицараб хIадисалда буго:

«Нужеца малъе, бигьа гьабе ва захIматги гьабуге. Нужер цоязул ццим бахъиндал, руцIцIун чIа», - ян (имам АхIмад).
«АгIузу биллагьи мина шшайтIани рражим» бахъани, ццим бахъин нахъе уна» ян (имам Бухари, имам Муслим)

Ццим бахъарасе лъикIаб буго какичуризе, щайгурелъул, ццим бахъиндал чиясул цIа-кан бахунелъул. Гьеб бухIи лъеца гIодобе биччазабула. Гьединго ццим бахъарав чи ватани вахъун чIун, гьесие лъикIаб буго гIодов чIезе. ГIодов чIун ватани, вегизе. Кинниги гьес бакI хисизе ккола. Аварагасул хIадисалдаги гьедин буго, гьелда жаниб кIудияб хIикматги буго. Ццим бахъарас бакI хисараб мехалъ, гIакълуялде вачIун, ццималъул асар нахъе уна. Ццим къунчIулев чиясе гIемераб кириги буго. Гьебги ракIалде щвезе ккела.

Аварагасул насихIатал нилъеца тIурани, хайир буго. Гьелъул рахъалъ аварагас нилъее мисалги бихьизабуна. ТIадегIанав Аллагьас абуна, гьев вугин нилъеца мисал босизе бищун рекъарав чийиланги. Амма нилъ напсалда хадур рилълъани зарал ккола. Аварагасул ццим бахъунаан ТIадегIанав Аллагьасе гIоло, мекъаб жо гьабулеб бихьидал. Нилъер ццим бахъуна расги гуреб, ай напсиял жалазе гIоло.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...