Аслияб гьумералде

Цо-цо къабихIал пишаби

Цо-цо къабихIал пишаби

МагIихъанлъи гьабулеб чIужугIадан, тавбуги гьабичIого хвани, гьелда тIад пицIалъул гурдеги, хъирисалъул къолденги ретIизабула къиямасеб къоялъ.

 

МагIихъабазул жужахIалда кIиго кьер гьабула, гьел цоцазде  дандеги руссун гьаби гIадин хIапдолел рукIине руго. Гьединго чи хвараб бакIалда гьаркьал рорхун гIодизе, чIичIидизе, рас бетIизе, гьумер хъарсизе, ретIел бихъизеги хIарамаб буго.

- ТIадегIанав Аллагьас нагIана кьуна гьаби, хIелкал, куйдул, бугъби рагъизе тIамулел гIадамазе. Мискинзабазул, пакъирзабазул ццим бахъинабурав чиги Аллагьасул ццим бахъинабурав чи ккола.

ХIадисалда буго: «Цо чIужугIадан Аллагьас жужахIалъул агьлулъун гьаюна, гьелъ кету хвезегIан бакъизаби сабаблъун», - илан.

- Мадугьаласе жиндир рахъалдасан хIинкъи бугев чиясул иман букIунарилан абун лъабцIул гьедана авараг. Мадугьаласул цо диргьам бикъи цогидасул анцIго диргьам бикъиялдаса мунагь цIикIкIараб буго. Мадугьаласул чIужуялъе цоцIул зина гьаби, мадугьал гуресул чIужуялъе анцIцIул зина гьабиялдаса мунагь цIикIкIараб буго. Гьединго мадугьаласе цо квешлъи гьаби цогидазе анцIго квешлъи гьабиялдаса мунагь цIикIкIараб буго.

- Бусурбабазе зарал гьабулел гIадамазул черхалда къиямасеб къоялъ хъирис бала. Цинги гьез гьеб хъасун, гьезул гьан тIаса ун, рукьби загьирлъула. Гьезда забаниятаз гьикъула унтулеб бугищин, гьезги абула бугилан. Забаниятаз абула гьеб нужее нужеца бусурбабазе гьабулеб букIараб заралалъухъ жаза бугилан.

Бусурбабазде хьандей, пасикълъи, гьезде данде рагъ гьаби – купру бугилан абунги хIадис буго.

- ЧIухIдае гIоло ретIел ретIи какараб пиша ккола. ХIадисалда буго: «Цо чи, ретIелги ретIун, чIухIун вилълъунаго ракьулъе тIерхьун ана», - абун.

Дарай ретIиги бихьиназе хIарамаб буго. Дунялалда дарай ретIарал бихьиназ, ахираталда гьеб ретIизе гьечIо. Гьединго бихьиназе хIарамаб буго меседил рахас, сагIат, баргъич ва цогидалги меседил тIагIелал хIалтIизаризе.

Гьабураб къотIи тIубангутIи мунапикъасул гIаламатаздасан ккола. Гьедин бицун рачIарал гIезегIан хIадисалги руго.

Къиямасеб къоялъ къотIи тIубачIел гIадамал ратIа рахъулеб хасаб гIаламат букIине буго. ЦIунаги нилъ гьелдаса.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...