Аслияб гьумералде

Дуе гiоло рухi кьолел

Дуе гiоло рухi кьолел

ТIадегIанав Аллагьас гьаб ракьалда инсанасе рахIматлъун кьурал чагIи ккола эбел-эмен. Лъимер гьабуралдаса нахъе ясбергIадин хьихьула ва цIунула эбел-инсуца. Гьез нилъее гьабуралда данде жо гьабизе лъугьани, нилъеда хIалги кIоларо. Гьедин бицунеб буго хIадисазги.

Жабир Мажидов, Цiияб ЧIикiаб росу

Унго-унгоги эбел-инсул нилъедехун бугеб рокьи ва гьел нилъее гIоло рухI кьезе хIадурал рукIин бичIчIула нилъго эбел-эменлъун рахъараб мехалъ. ГIайиб гурищха, лъималаздехун бугеб эбел-инсул милат, рокьи, квербакъи жакъа къоялъ гIемерисел гIолохъабаз сан гьабичIого толеб буго. Гьелде тIаде, эбел-инсуца малъа-хъвай гьабидал, гьезухъ гIинтIамулеб гьечIо, жалго цIакъаллъунги лъугьун. Гьайгьай, гьаб гIумруялъул нилъее гIоло гIемерал захIмалъаби раччарал ва нилъее кидаго лъикIлъи бокьараллъун рукIунел чагIи ккола гьел.

Эбел-инсул адаб тей, гIенеккунгутIи, гьезда данде къацанди ва гьаракь борхи хирияв аварагас ширкалдаса хадуб кIудияб мунагьлъун рикIкIана.

ГIабдуллагь ибн ГIумарица бицана, цо къоялъ аварагасда цояс цIеханин кинал мунагьалин кколел бищун чIахIияллъунин абун. Хирияс жаваб гьабун абуна: «Аллагьасе цогидав гIахьал гьави», - ян. «Хадуб?» - ян гьикъана гьев чияс. «Эбел-инсухъ гIенеккунгутIи», - ян абуна аварагас .

Къуръаналда буго (Суратул «Исраъ») (магIна): «Дур БетIергьан Аллагьас лагъзадерида амру ва васият гьабуна цохIо Дие гурони лагълъи гьабугеян абун. Гьединго амру гьабуна эбел-инсуе лъикIлъи гьабейин абунги. Эбел-инсул цоял, ай херлъун дуда аскIор хутIани ва дур напакъа-сахIалде ккун ругони, дуца гьезда щибго рихунеб рагIи абуге, гьезда бокьулареб жоги рагIизабуге. Кидаго гьезда бицунеб рагIи тамахаб, хIеренаб бице. Дуца гьезда тIад гурхIел-рахIмуялъул кваркьи лъе. Мун гьезие хIелун, тамахлъун вукIа. Дуца дугIа гьабе ва Аллагьасда гьаре: «Я, дир БетIергьан! Мун гьал дир эбелинсуда гурхIа ва гьезда дур цIоб-рахIматги рещтIинабе, гьел кIиязго дие лъикIлъи гьабураб гIадин дун гьитIинаб лъимерлъун вугеб мехалъ», - абун.

Эбел-инсуе лъикIлъи гьабиялъул бицун аварагасдасан рачIарал гIемерал хIадисалги руго. Имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Гьумер ракьалда лъулъарав чи вуго (жив гIодовегIанлъарав, инжитлъарав) жинда аскIор херлъун эбел-эмен хутIарав яги гьезул цояв хутIарав, цинги жив гьезие лъикIлъиги гьабун алжаналда инчIев», - илан.

РачIа, диналъул вацал ва яцал, Аллагьас нилъее рес кьун букIаго рахIматлъун ва алжаналъул кIулаллъун нилъее кьурал эбелинсул бажарарб хIалалда хIурмат гьабизин. Щукру гьабичIеб нигIматги нахъе босун унилан бугелъул, рачIа щукру гьабун, эбелинсул гIумру халалъагийин, иман щулалъагийин ва гьезул чорхое сахлъи-саламалъи кьегийин дугIа гьабун, Аллагьасда цере кверал рорхизин. Аллагьас тавпикъ кьеги!

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...