Аслияб гьумералде

ХIалалаб кванил хIасил

ХIалалаб кванил хIасил

БетIергьан Аллагьас инсанасе баян гьабун буго бегьулеб, ай хIалалабги, гьединго гьукъараб, ай хIарамабги. ТIубараб гIумруялъул рахъазде щвей гьабула гьеб кIиялъго. Гьелдего гъорлъе ккола гIумру гьабизе ккани чара гьечIеб квана-гьекъолел сурсаталги. Инсанасул гIумру, сахлъи ва дин гьес кваналеб жоялда бараб буго. Масала, гIезегIан руго загьруял жал. Гьел кванарав чиясе хвей гурони тIокIаб хвасарлъи букIунаро.

Гьелдаго релълъун, инсанасул рухIияб рахъ хвезабулел жал ккола бусурбанчиясе кваназе гьукъарал, гьесие хIарам гьарурал тIагIамал. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго: «Нужее хIарам гьабуна хвараб жо, ай шаргIияб къагIидаялъ хъвечIеб, би, болъонил гьан, Аллагьасул цIар бахъун хъвечIебщинаб, ай жундузул яги хъанчазул цIаралда хъураб, гъанкъун хвараб, бухун, кьабун хвараб, гъоркье бортун яги рехун хвараб, цогидабгун багъун хвараб, жанаваралъ чIвараб, гьезул нужеца хъураб хутIун», - ян (сура «Ал-Маидат», аят 3).

Гьаяб аяталда жаниб кIудияб баян кьолеб буго кванилъ хIалтIизаризе гьукъарал жалазе. Гьаб макъала хъваялъе ккараб сабабги буго нилъер республика бахун къватIир ругел гIадамаз шаргIияб куцалъ хъвечIеб гьанал милат гьабулареб букIин бихьи.

Кваназе щвараб ашбазалда гIемерисез цIехолеб буго болъонил гьан бугищин. Бугин абидал, гьеб бегьулебгIадин кваналебги буго. Гьединлъидал кутаткалда цIодорлъи гьабизе ккола. Дагьабги мухIканаб букIина гьединаб бакIалда ччугIил букIа, цогидаб, ай жинда щаклъи гьечIеб жо кванан чIани.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго, жинда Бичасул свалатгун салам лъеяв аварагас абунин: «Ва, гIадамал! Аллагь вацIцIадав вуго, жинца бацIцIадаб гурони къабулги гьабуларо…», - ян.

Цогидаб аяталда буго: «Ва, гьал илчизаби! Нужеца хIалалаб жо кванай ва лъикIаб гIамал гьабе», - ян.

БетIергьанас аварагзабазде гьабураб гьаб хитIабалда жаниб лъикIаб гIамал гьаби хурхинабун буго хIалалаб жо кванаялда. Гьединлъидалин аварагзабаз бергьун кIудияб мухIканлъи гьабулеб букIараб квен бацIцIад гьабиялде.

Абугьурайратица бицараб хIадисалда хирияв аварагас абуна: «Дирго агьлуялъухъе рокъове щведал, бусада букIа, рокъоб гIодоб букIа, дида батула чамарсакI. Гьеб кваназеян кодобе босарабго нахъе лъола, цощинаб садакъаялъул бугодайин хIинкъун», - ян. Садакъа аварагасе хIарамаб букIиндалха. Гьединаб, нилъеда гIиси-бикъинабин кколеб жоялда жанибгицин мухIкалъи гьабулаан хирияс .

ГIабдуллагь ибну Мубаракил эмен Мубарак вукIана лагълъуда вукIарав, тархъан гьавидал жиндиего магIишаталъе цо чиясул ахил милат гьабулев чилъун хIалтIулев. Цо къоялъ вачIанила гьеб ахил бетIергьан гьалмагъзабигун ахикье пихъ кваназе. Мубаракида хважаинас абула гьуинабгIадаб, барщараб соно босейин кваназе.

Мубаракица росун рачIарал пихъал цIекIал, жеги рарщичIел ратанила гьесда. Барщарабги барщичIебги пихъ батIа гьабизе лъаларев мунго кинав чийин ахIдезе лъугьанила гьев. Цинги Мубаракица абунила жеги жинца гьаб ахикьа пихъ кваначIин, жиндие гьелъие дур изну букIинчIолъиялда бан.

Гьесул жавабалъ цIакъ гIажаиблъизавурав ахил бетIергьанас гьикъанила кигIан заманалъин мун гьанив хIалтIулев вугевилан. Мубаракица абунила саламатаб заман бугин. Цинги хважаинас абунила, жиндир йигин цохIого цо йигей яс. Лъиедай дица гьей кьелаян? Ягьудияз абулила бечедасеян, насранияз абулила берцинасеян, гIарабаз абулила насаб тIадегIанасеян ва исламалъ абулила бищун Аллагьасукьа хIинкъарасеян. Дудаса цIикIкIун Аллагьасдаса хIинкъарав чи жинда ватилирила, гьединлъидал дуе кьезе йигила жинца ясиланги абун, жиндирго дурцлъун гьавунила Мубарак гьес.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...