Аслияб гьумералде

ТалихIалъул микьго нуцIа

ТалихIалъул микьго нуцIа

ТIадегIанав Аллагьас, Жиндирго хIикматалдалъун ва нилъее мисаллъун букIине, Жиндирго рокьулел лагъзадерида гьоркьор ккарал гIемерал лъугьа-бахъинал нилъехъе щвезарун руго. Гьезул цояб ккола имам ал-Гъазалияс хъвараб лъугьа-бахъин.

Гьаб лъугьа-бахъин буго доб заманалъул машгьурав гIалимчи Шакъикъ алБалхиясда ва ХIатамул Асамасда гьоркьоб ккараб.

Шакъикъица гьикъун буго ХIатамида: «Чан соналъ нилъ гьудулзабилъун ругел?» - абун. Гьес абула 33 соналъилан. Шакъикъица гьикъула: «Щиб дуда дидасан лъараб гьеб заманалда жаниб», - абун. ХIатамица абула микьго масъала лъанин. Шакъикъ гIажаиблъун валагьула гьесухъ ва абула: «Дир гIумру дуда цадахъ ана. Гьеб микьго масъала гурони тIокIаб мунпагIат щвечIищха», - ян. ХIатамица абула: «Я дир мугIалим, гьеб микьгоялдасаги тIаде жо дица тIалабго гьабулеб букIинчIо. Дие гьереси бицинеги бокьун гьечIо. Доб дунялалда хвараслъиялъе дие гьеб микьабго жо гIола», - ян. Шакъикъица гьикъула щибгIаги кколеб гьеб микьабго жойилан. Гьес рикIкIине байбихьула:

1. Дун гIадамазухъ халккун вукIана ва щивасул гьудул вукIинги дида бичIчIана. Гьезул гьудуллъи цояв хведал тIагIуна. Дица диего тIалаб гьабуна гьаб дунялалдаги доб дунялалдаги дида цадахъ букIине бугеб гьудул, хIатта дун хун хадубги. Дица диего гьудулзабилъун ккуна лъикIал гIамалал.

2. Дида гIадамал ратана шагьватазда нахърилълъунеллъун. Дица пикру гьабуна Аллагьас Къуръаналда абурал рагIабазул:

«Жив Аллагьасул гIазабалдаса хIинкъун, Гьесда цеве чIезе вукIин лъан, жинца напс гьелъие бокьараб жо гьабиялдаса нахъчIван хьвадарав инсан вуссунеб бакI нигIматазул Алжан буго», - ян абурал (сура «анНазигIат», 40-41).

Дида лъана Аллагьасул калам хIакъаб букIин. Дица напсалде данде рагъ гьабуна, жиб Аллагьасе мутIигIлъизегIан.

3. Дида гIадамал ратана дунялалда хадур рортанхъулеллъун. Гьезухъе гьеб щведал гьел рохула ва цIуниялде кIвар кьола. Дица пикру гьабуна Аллагьасул рагIабазул:

«Дунялалда нужеда кодоб бугеб паналъулеблъи хIакъаб буго. Ахираталда Аллагьас хIадурун бугеб Алжаналъул нигIматал тIаса унарел, абадиялъго нахъе хутIулел руго» («ан-НахIл», 96).

Дица дирго боцIи-мал мискин-пакъирзабазе бикьана, доб дунялалда гьеб кумекалъе букIине ва дица кIвар кьуна жиб киданиги тIагIунареб тIалаб гьабиялде.

4. Дица хал гьабуна гIадамазухъ ва гьел ратана жидерго тIадегIанлъиялда мугъчIвалеллъун. Гьеб тIадегIанлъиги бечелъиялъулъ ва наслуялъулъ бугин кколеб буго гьезда. Дун Аллагьас абуралде балагьана:

«Нуж цоял цогидаздаса хира ва тIокI гьарулеб жо буго Аллагьасда иман лъун, Гьесул гIазабалдаса хIинкъун, Гьесие мутIигIлъун хьвади» (сура «алХIужурат»,13). Дун гьелда нахъвилълъана Аллагьасда аскIоб дир хиралъи букIине.

5. Цо-цо гIадамал руго цоцазда рихун ва цоцазе нагIана кьолеллъун. Гьеб киналъулго аслуги ккола хIасад. Дун ургъана Аллагьасул гьадинал рагIабазда тIад:

«Дица гьезда гьоркьоб магIишат бикьун буго гьаб дунялалъул чIаголъиялда гьел ругебгIан заманалъ» («аз-Зухруф», 32).

Щивав чиясе Аллагьас ризкъи кьун буго ва Аллагьас хъвараб гурони щвезеги гьечIо. Гьеб дида бичIчIана ва хIасад гьаби дица тана.

6. ГIадамал, жидерго мурадал тIуразе гIоло, шайтIаналда нахъги рилълъун рагъ-кьалалда рукIуна. Аллагьас Къуръаналда абулеб бугелъул пикру гьабуна дица:

«ХIакълъунго, шайтIан буго нужедехун тушманлъи бугеб, нужее зарал гьабизе кидаго жиб ургъулеб. Нужеца гьебги нужерго тушманлъун ккве» («ал-ФатIир», 6).

ШайтIаналде данде гурони рагъ гьабизеги бегьуларо. Гьедин дица шайтIан тушманлъун ккуна ва Аллагьасул махлукъаталде тушманлъиги гьабичIо.

7. Дица пикру гьабуна гьаб дунялалъул ва дида бихьана гIадамаз гьелъие гIоло бахъулеб кIудияб хIаракат, ай жалгоги гIодорегIан гьарун. ГIемераб гIарац-месед щвеялъул мурадалда, гьез хал гьабуларо ризкъи бачIунеб бакIалъухъ. Дица пикру гьабуна Аллагьасул гьадинаб аяталъулъ:

«Ракьалда цониги рухIчIаголъи гьечIо Аллагьас жиндие ризкъи кьолеб букIун гурони» (суратул «Гьуд», 6).

Дун ккола Аллагьасул махлукъаталъул цояв ва дие ризкъи кьей Аллагьас тIаде босун буго. Дида тIадаб жо ккола доб дунялалда ине хIадурлъи ва Аллагьасе мутIигIлъи.

Абу Язид ал-БастIамиясда цояс гьикъун буго: «Я Абу Язид, мун кидаго мажгиталда вукIуна, дуе ризкъи киса щолеб?» - абун. Гьес абула: «РухIчIаголъиялъе ризкъи кьолев Аллагьасда Абу Язид кIочон хутIилищ», - ян.

Гьединго Абу Язидида цеве как балев вукIарав имамас гьикъун буго гьесда: «Мун кидаго мажгиталда вукIуна, дуе ризкъи киса щолеб», - абун. Абу Язидица абула: «Мун чIа, дица Аллагь лъаларев имамасда хадуб бараб как бецIизегIан», - абун.

8. Дица гIадамазухъ хал гьабуна ва дида бичIчIана цояз жидерго боцIи-малалда ва тIадегIанлъиялда мугъчIвай гьабулеб букIин, цогидаз жидер хIалтIиялда ва лъабабилез - жалго гIадал гIадамазда. Дица пикру гьабуна Аллагьасул гьадинал рагIабазул:

«Жиндир киналго хIалазулъ Аллагьасул гIазабалдаса хIинкъун хьвадулев чиясе Аллагьас гьесул амру бигьа гьабула, гьесда Аллагьас жинца кинабго къварилъи, пашманлъи тIаса инабулеб нухги бихьизабула. Жинда ракIалдаго гьечIеб рахъалдасан Аллагьас гьесие хIалалаб ризкъиги кьола» (сурату «ТIалакъ», 2-3).

Гьедин дица киналниги пишабазулъ Аллагьасде таваккал гьабизе байбихьана ва Гьев таваккал гьабулездаса бищун лъикIав ккола. Шакъикъица абула:

«Гьеб лъикIаб иш буго. Я ХIатам, Аллагьас дуе квербакъаги», - ян. Цинги тIадеги жубана: «Я ХIатам, дица цIалана Инжил, Таврат, Забур, Къуръан ва дида гьеб микьабго мунпагIат Гьезда хъваралда данде ккун батана. Щив чи вугониги гьеб микьабго мунпагIаталда нахъвилълъун, гьев ккола Аллагьасул тIахьазда нахъвилълъаравлъун», - ян.

Нилъер заманалда гьаб микьабго мунпагIат камун букIиналъ гIадамазда гьоркьоб рагъ-кьал буго. Кисиниб гъурущ бугезул гурони къимат гьабулеб гьечIо ва гьединазулгун гьудуллъиги кколеб буго. Аллагь кквечIев чиясда ва Гьесде таваккал гьабичIезда гьаб дунялалда гIодобегIанлъи ва доб дунялалда жужахIалъул бухIи бихьула.

Аллагьас цIунаги мекъи ккеялдаса! Амин!

САГIИД ЗАЛУМХАНОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...