Аслияб гьумералде

Рияалъул заманищ гьаб?

Рияалъул заманищ гьаб?

Инсанас жиндаго хадуб хъаравуллъи кквечIони, гIемерал хатIаби кколел ратула. Напс абураб жо буго шайтIаналдасаги жиб нахъегIанаб, квегъани - пайдаги гьабулеб. ХIакъикъаталдаги нилъер напс, гъазават гьабунги, лъикIаблъун лъугьинабизе бегьула. Гьеб балъгояб жоги гуро.

ЧIухIи баккула ракI дунялалда хурхинабидал. ГIумар асхIабас абуна: «ГIадамаздехун жиндилъ гьечIеб тIабигIат бихьизабулев щивас Аллагьасдехун квешлъи гьабуна», - ян.

ХIажатаб лъун тей

Интернеталда гIадамаз кинабго лъикIаб лъола, бихьизабула гьезул щибго къварилъи гьечIеб хIалалда. Гьенирги гIумруялда цIунизе ккола адабал рукIуна ва гьел цIунизеги ккола. Мискинасда бихьизабиларо бугеб рес, ай гьесул рекIелъ пашманлъи бачIинчIого букIине. ЖахIда бугесда лъазе теларо, жахIда букIинчIого букIине. Гьединал жалги лъун, хадур нилъ зигардула бер кканин, сихIру гьабунин абун. Гьеб ккечIого букIине хIажат гуреб жо рехуге интернеталде. ХIабургъараб лъим жибго тани, гьеб бацIцIалъула.

Интернеталда лъола лъималазулги суртал, ай хIажат бугониги гьечIониги. Имам РафигIияс абун буго, гIакълуялда борцун тIоцебе инсанас тезе кколеб жо бугин ананият, ай дунго дунилан лъугьин.

Шайих ГIабдулкъадир Жиланияс абун буго: «Рияъ лъаларо рацIцIадал чагIазда гурони. Рияъги, живго кIодолъун вихьиги, нифакъги шайтIаналъул чIорал ккола, ай рекIелъ речIчIулел», - ян.

Фузайл бин ГIиязица бицана, гIадамазе гIоло цо кинаб букIаниги гIамал тей рияалдаса кколин, гIадамазе гIоло гIамал гьабиги ширк бугин, ихлас кколин гьеб кIиялдасаго ТIадегIанав Аллагьас мун вацIцIад гьавулеб жогиян.

ЖагIфар бин МухIаммадица абуна: «Рияалдаги ихласалдаги гьоркьоб батIалъи щибилан гьикъани, рияъ гьабулес рихьдае гIамал гьабула, ихласалда гьабулес Аллагьасде гIагарлъизе гьабула», - ян.

Ибну Мубаракица абуна, дунял тей гIадамазда бихьизабичIого балъго гьаби кколин зугьдалъул бищун хириябилан. ГIалимзабаз абула дагьабго рияалъ киналниги гIамалал нахъчIвалин ва гьезул кириги хвезабулин абун.

Цо нухалда пуланав чияс Бишрул Хафиясда абула жиндие васият гьабеян. Хафияс абула, дуцаго мунго веццугейин ва кваналеб бакIги лъикI гьабейин. Балагье, жакъа инстаграм, тик-ток ва цогидалги социалиял гьинал раккидал, инсанасе бокьулеб буго живго машгьуравлъун вукIине, бищун гIемерал подписчикал рукIине. Гьеб бокьиялда жаниб рияъ, гIадамазда гьоркьоб машгьурлъи гурони, щиб батулеб? Батуларин кIалалъ абуниги, жанисан ният бацIцIадаблъун букIунаро.

Нилъер цо гIунгутIи буго, ай интернеталда лъураб жоялда божи. Амма жанире раккидал, гIемерисеб батулеб буго гьадингоял гьерсал. Воре, цIодорлъи гьабе.

Рияъ букIин кин лъалеб?

ГIалимзабаз абуна гьелъул лъабго гIаламат бугин абун: живго вугев мехалъ гIамалазулъ кIвахIаллъула, гIадамазда гьоркьов вугев мехалъ тирха-кIирчун вукIуна, ай гьезда бихьизелъун гьабула. Гьединго гьесие гIадамаз рецц-бакъ гьабидал, гIамалал цIикIкIун гьарула, амма какани, дагьаб гурони гьабуларо.

Зунун Мисрияс абуна: «Рихьдае гIамал цIикIкIун гьабурасул гьел гIамалал квешаллъун лъугьуна», - ян.

Аллагьас цIунаги.

Къаси сардилъ нухда унеб цIунцIра бихьуларебго гIадин, рияъги бихьуларо, ай рекIелъ бугищали лъазе захIмалъула. Гьединлъидал нилъ рекIел унтаби сах гьаризе лъалезухъе ине ккола. Гьелъие гьабизе кколеб даруги гьединазда лъала. Гьелги ккола хIакъикъиял устарзаби.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...