Аслияб гьумералде

Балагьал нахъчIвалеб хазина

Балагьал нахъчIвалеб хазина

Балагьал нахъчIвалеб хазина

Аллагьас ﷻ кьурал нигIматаздаса кола инсанас хIалкIвараб куцалда садакъа-хайрат гьаби. Садакъа-хайрат гьабиялъул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналдаги ва Аварагасул ﷺ хIадисазги гIемер бицун буго. Гьедин букIиналдалъун бичIчIула кигIан кIудияб кIвар цIикIкIараб жо гьеб бугебали.

 

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Нуж ракьалда ругезда гурхIа, нужеда зобалазда ругел гурхIила», - абун. Цоги хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагь ﷻ гурхIула жиндир лагъзадерида гьоркьоса гIицIго гурхIел-рахIму бугел чагIазда», - абун.

Садакъаялъул бугеб пайдаги хиралъиги бицун хIалкIолеб жо гуро. Аварагас ﷺ абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ муъминчиясе рагIад гьабулеб жо гьес кьураб садакъа буго», - ян. КигIан гьитIинаб бугониги, гьитIинаб бугилан абун садакъа кьечIого тезе бегьуларо. Бухариясги Муслимицаги бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги, жужахIалдаса цIунизе бажарулев, чамасдакалъул бащдаб садакъаде кьунцин, гьес гьелдаса цIуни тIалаб гьабе. Бащдаб чамасдакалъги инсанасул иш битIун ккезабула, рухI бахъи мекъса ккеялдаса цIунула, вакъарав чи гIорцIизавиялъулъги гьелъ цо бакI ккола».

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Садакъаялъ, мунагь-хатIаби лъеца цIа кинигин свинарулила». КигIан гьитIинабги садакъа кIодолъиялъул хIакъалъулъги Тирмизияс бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ садакъа къабулги гьабун кодобе босула, цинги гьеб гIезабула. ХIатта цо лукъмагIанасеб садакъаги кIодо гьабун УхIуд мегIергIан кIодолъизабула».

ХIакимица бицараб хIадисалдасанги бичIчIулеб буго гьадинаб магIна: «Чадил лукъма кьуни, Аллагьас ﷻ лъабго чиясе Алжан кьола: кьейилан амру гьабурав росасеги, чед бежарай чIужуялъеги, садакъа босун кьурав лагъасеги», - абун.

Хириял диналъул вацал ва яцал, аби буго гIорцIарасда вакъарасул хIал лъаларин абураб. Амма нилъ ракъичIогойин нилъеда ракъарал диналъул вацал кIочон тезе бегьиларо. ХIакъикъаталда, нилъее нилъер боцIудаса щолеб жо садакъаде кьураб боцIи буго. Нилъер хирияв Расулас абуна: «Лагъ вукIуна дир боцIи, дир боцIиян угьдулев, гьесие гьесул боцIудаса щолеб лъабго жо буго: я кванан тIагIинабураб, яги ретIун тIагIинабураб, яги садакъаде кьун нахъе цIунараб. ХутIараб жойин абуни, живго ахираталдеги уна, боцIи гIадамазеги тола», - абун. ЦохIо ахираталъе щвараб кири-даража гуребги, гъоркь хутIараб боцIудаги баракат лъола садакъаялъ. ХIадисалда буго: «Садакъа кьеялъ дагьабниги боцIи камизабуларо». Садакъаялъ квешлъиялъул лъабкъоялда анцIго каву къалиланги буго ТIабаранияс бицараб хIадисалда.

Цо нухалъ Аллагь ﷻ разилъаяй ГIайишатица, гьардухъанасе кьуна кIал биччазейилан нахъе тун букIараб жо, жийго якъунги чIун, цоги нухалъ гьелъ мискинчиясе цIолбол мугь кьуна садакъаде. Мискинчи гIажаиблъиги гьабун, мугьалъухъ валагьун чIана. Гьелъ абуна: «Щай дуца гIажаиблъи гьабулеб? Гьаб мугьалда жаниб гIемерал зараби ругеллъи дуда лъаларищ?» - абун.

Свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ абуна, бусурманчиясе ретIел ретIизе кьеялъул хиралъи бицунаго: «Щив чи втаниги, Жинца бусурманчиясда ретIел ретIизабун, гьев чи Аллагьасул ﷻ цIуниялда гъокь вукIуна, дов чиясда тIад гьеб ратIлил цо чIортогIанасеб жо бугебгIан заманалда». Квен кьунги, хIажат тIубанги, ретIел ретIинабунги, бусурманчиясул ракI бохизабун, гьебги цIакъ хириял гIамалаздасан ккола.

Къокъго абуни, садакъа ккола жинца балагьал нахъчIвалеб, мунагьал рацIунеб, ГIарщалъул рагIад щвезабулеб, боцIуда баракат лъезабулеб, жужахIалда цебе пардавлъун чIолеб, Алжан щвеялъе сабаблъун кколеб, ахираталда цIунараб хазиналъун батулеб хирияб гIамаллъун.

 

Мажид Мурадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...