Аслияб гьумералде

Цоцазулъ лъикI ругони

Цоцазулъ лъикI ругони

Бусурбабазда гьоркьоб жахIдаги, хIусудги, цоцаздехун мекъаб бербалагьиги, рокьукълъиги бугони ва цоцазе зарал ккезе бокьунги бугони, цогидасе лъикIлъи щвей рихунебги бугони, гьеб бакIалда рахIматалъул къатIра букIунаро. РахIмат гьечIеб бакIалда динги букIунаро.

Аварагас абун буго Абубакар-асхIабасда, ворегийинха дуца бусурбабазул щивго чи хIакъир гьавугейин, гьеб Аллагьасда аскIоб кIудияб жо бугин. Нилъеца салам кьолев, как балев чи, иманалъул рахъалъ кигIан загIипав ватаниги, хIакъир гьавизе бегьулеб гьечIо. Щайгурелъул, инсан вачIинахъего вацIалъуларо, камиллъуларо.

ГIибадаталъул байбихьи чиясул рияалдалъун букIунеб буго. ВачIинахъего эбелалъ чи камилав, вацIцIадав, тIубараб гIакълугIелмугун гьавун вукIунарелъулха. Эбел-инсудаса хIинкъун, гIадамаздаса нечон какде мажгиталде вачIине кIоларого вукIуна чанги чи байбихьуда.

Цинги гьедин гьабулаго-толаго вачIуна камиллъиллъиялде, вацIалъиялде. Гьединлъидал, нилъ цоцаца инжит, хIакъир гьаризе бегьуларо. Щайгурелъул, вижулъанго камилав чи вукIунев ватаниги, цIакъ къанагIатав вукIуна. ХутIаралщинал чагIи рукIуна мунагьалдеги кколел, гIибадаталъулъ жагъаллъиги букIунел. Гьедин букIунин абун гьел инжит гьаризе, нахъасан гаргадизе ихтияр гьечIо.

Бусурбанчи кинав ватаниги, нилъеца исламалъул адаб гьабун, бусурбанчиясул хIурмат гьабун, диналъул маслихIат бугеб куцалда рекъезабизе ккола. Диналда жаниб халгьабизе ккола загьираб, берда бихьулеб рахъалъухъ.

РекIелъе рехун рачIунел щайтIаниял пикраби дорегIан тезе ккола. Бусурбанав диналъул вацасдехун квешаб пикру аскIобе биччазе бегьуларо. Гьесулъ нилъер ракI рекъечIеб жо халлъани, лъабкъоялда анцIго гIузру бачине ккола. Гьедин абулеб буго нилъеда аварагас r бусурбанлъиялъул асар бугев чи хIакъир гьавугейилан.

Аллагьасул дин ккун, аварагасул нух ккун, сабруялда цоцазул адаб-хъатирги гьабун диналъул вацлъиги цIунун рукIин нилъее лъикIаб буго. Аварагасул хIадисалдаса босун Сайфула-къадияс (къ.с.) хъвалеб буго: «Нужеца лъабго жоялъул адаб-хIурмат гьабе. Гьеб лъабабго жоялъул адаб-хIурмат гьабуни, нужеда дунялги динги данде билълъина, кIиябго рукъалда талихI букIина. ГьабичIони, дунялги динги данде бигъила, кIиябго рукъалдаса талихIги къина.

  • ТIоцебесеб – исламалъул хIурмат гьаби.
  • КIиабилеб – аварагасул хIурмат гьаби.
  • Лъабабилеб – аварагасул агьлул байталъул, ирсилазул адаб-хIурмат гьаби.

Жакъа нилъеца исламалъул хIурмат гьабичIони, нилъ щал кколел, нилъер ахир кинаб букIунеб? Нилъер диналъ бищун кIвар кьолеб иш буго диналъул вацазул адаб-хIурмат гьаби, бусурбанлъи цIуни, гIадамазулгун гIамал рекъазаби, гьезулгун вацлъиялда, гьуинлъиялда рукIин.

Бичасул аварагасул хIадисалда буго: «Аллагьасе гIоло цоцазе рокьарал гIаршалъул рагIдукь рукIуна», - ян.

Гьеб тIадегIанаб даража щвезе ккани нилъеца цIунизе ккола диналъул вацазулгун гьоркьоблъиялъул адабал. Аллагьас тавфикъ кьеги нилъее цоцазулъ лъикI рукIине.

Амин!

ХIУСЕН САГIАДУЛАЕВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...