Аслияб гьумералде

ЧIобогояб хиял

ЧIобогояб хиял

Цо-цо чагIи рукIуна талихI бикьулелъул жал гьоркьор тун ругин гаргадулел. Гьоркьов щивго тун вукIунаро, гIумруялдехун гьабулеб бербалагьи букIуна щивасул батIибатIияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гIайиб.

Гьелъие гIайибияллъун цогидал гIадамалги кколаро. Гьебги буго инсанас букIине кколедухъ гIумрудул къимат гьабунгутIи ва гьабизе лъангутIи. Гьединал чагIаз гIемер абула цо пуланабги пуланабги жо щвани, дидаса талихIав чи вукIинего ватиларилан. Минаги бугони, машинаги босани, хIалтIиги щвани, машгьурлъиги бачIани рикIкIине бегьилаха талихIавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго салул авлахъалдасан унелъул мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда.

Гьев уневго-унев вукIуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечIого, къечон хола. Гьединал чагIазда бичIчIуларо инсанасул анищазе гIурхъиго букIунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикIкIуна талихIалъ рехун таравлъун. Гьедин букIуна хвезегIан. Гьединал чагIазул талихIкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутIиялъулъ.

Гьел кидаго пикрабалъ рукIуна жидерго гьечIеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо БетIергьанас жидее кьуралдаса разиго рукIине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гIакълу бугев чияс киданиги абизе гьечIо цо пуланаб жо щвараб мехалда вукIине вугин дун талихIавлъунин. Бугелда разилъи, БетIергьанасе рецц гьаби - гьеле талихIав чиясул хасият. Шукру гьабуни, жеги цIикIкIинабулинги абун бугелъул, БетIергьанас цIикIкIинабула ва гьединав чи жеги талихIавлъунги лъугьуна. ТалихI буго щивав чиясул рекIелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.

ГIедегIуге

Щибаб жоялъе букIуна жинди-жиндир заман. Метер ккезе бугеб жакъа кинго кколаро, жакъа ккезе бугеб ккечIогоги хутIуларо. Нилъеца гIемер бицуна метер ккезе бегьулелъул хIакъалъулъ, ургъалилъ къан рукIуна ккелищ-ккеларищали, бачIинищ-бачIинарищали лъалареб метерисеб къоялъул пикрабиги гьарулаго.

Гьединал ургъалабаз, пикрабаз бакIлъизабула бетIер, чорок гьарула пикраби, лъугьуна рахIатхун ва цо гьитIинабго бугониги галиялъ рикIкIад гьарула талихIалдаса. Ккеле-ккелареб, букIине-букIинареб лъалареб жо сабаблъун щай къварилъахъдизе кколел? Щай хIинкъулел нилъеда жеги бихьичIеб жоялдаса? Гьеб буго шайтIаналъул хIалтIи, ай гьелъие бищун бокьулеб къагIида: нилъ ургъалилъе ккезари ва нилъер ццим бахъинаби.

ТIадегIанав Аллагьасул хирияб Каламалда буго

«ШайтIаналъ рагIи кьола нуж мискин гьаризе…», - ян.

ШайтIаналъ нилъер ракIазулъе рехизабула нуж мискинлъизе, нужеде батIи-батIиял балагьал рачIине рес бугин абураб пикру ва гьелъул мурадлъунги букIуна нилъер ракIазул рахIатхвезаби, Аллагьасе гьабулеб гIибадат мукъсанлъизе букIине, мунагьал гьариялде нилъ цIазе. Амма, хIакъаб жо, гьеб малгIун мурадалде щвезе гьечIо. Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун жакъа мун лъикI ватани, Ин ша Аллагь, метерги гьеб лъикIлъи дуда тIаса ине гьечIо

Хирияб Каламалда БетIергьанас абун бугелъулха:

«Гьабураб лъикIлъи лъалеллъун ва рецц гьабулеллъун нуж ругони, Дица жеги цIикIкIинабила», - ян.

Гьелъул магIна ккола нилъее кьураб нигIматалъухъ нилъ кидаго БетIергьанасе рецц гьабулеллъун, Гьесда гьарулеллъун, Гьесдаса кумек-квербакъи тIалаб гьабулеллъун рукIине кколин абураб. Нилъ божараллъунги рукIине ккола нилъер гьара-рахьи, дугIа БетIергьанас къабул гьабизе букIиналда. Щибаб къойилго гIадин цо гIиси-бикъинаб жо сабаблъунцин рахIатхун рукIуна нилъ. Гьедин рукIаго, гIемерисеб мехалда, нилъеда бихьулеб жоги букIана гIицIго сурукъаб ва квешаб рахъ. Дагьаб пикру гьабуни рахIатхвезегIадаб жоги гьениб батуларо.

Амма инсанас жинцаго балагьула рахIатхвеялъе багьана, хIатта гьавабакъ рекъараб гьечIин абунги толаро жиндирго ракI рахIаталда. Щибаб къойил гьедин, ай нодоги букIкIинабун кьунсрулги хучизарун вугев чияс жиндирго гIумру жинцаго бачуна къваридаб, бецIаб нухде ва аскIобго гвангъараб шагьранух букIин бихьизего бокьуларо. Гьединаз пикруго гьабуларо Аллагьасул хIалкIолъабазул, Гьесул хIикматазул, гьединав чи гъапуллъун хутIула Къуръан цIалиялдаса, гIибадат гьабиялдаса

БетIергьанас бижанщиналъул, Гьесул тIадегIанлъиялъул ва хIалкIолъиялъул пикру гьабиги кколелъулха Аллагьасда божиялъул цо гIаркьел. Цо-цо чагIи рукIуна кидаго хвалил ургъалида, щивав чияс хвалил лълъар гьекъезе букIин хIакъаб бугониги. Гьелдаса щивго хвасарлъизеги гьечIо. Гьединлъидал гьелъул ургъалида рукIинчIого, нилъее лъикIаб буго гьеб къо тIаде бачIинегIан гьелде хIадурлъи гьабулел рукIине. Гьеб мехалда рукIуна нилъ талихIаллъунги.

Цо гIакъилас абун буго:

  • «РакIбацIцIалъи бекьани, боржел бакIарула.
  • ЛъикIлъи бекьани, гьудулзаби щола.
  • ХIалтIи бекьани, бергьенлъи бакIарула.
  • Гьереси бекьани, божунгутIи бакIарула.
  • ХIалихьалъи бекьани, нужго цохIо хутIула.
  • ГIамал кIодолъи бекьани, инжитлъи бакIарула.
  • ЖахIдаллъи бекьани, квалквалал ракIарула.
  • КIвахI бекьани, мискинлъи бакIарула.
  • Барахщи бекьани, камиял гIемерлъула.
  • Гъибат бекьани, тушбаби цIикIкIуна.
  • Мунагьал рекьани, рекIел рахIат тIагIуна», - ян.

Гьединлъидал, нилъеца цIакъ мухIканлъи гьабизе ккола жакъа бекьулеб жоялъе. Метер бачIин бакIаризе кколелъулха. ТIирщун бачIунеб хьоналда бараб бугелъулха нилъер гIумру, рукIа-рахъиналъул пихъ.

МУХIАММАДХIАБИБ МАХIАТIОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...