Аслияб гьумералде

Ракъи тIаса бищана

Ракъи тIаса бищана

Ракъи тIаса бищана

Аварагасде ﷺ мискинлъи гIунтIизабизе бегьулищ?

 

Ибну ГIабасидасан бицана, Сафа-кIкIалахъ (Маккаялда), Аварагги Жибрил малаикги гIодорчIун ругеб мехалъ, циндаго Аварагас гьикъула: «Я Жибрил, я цIоросаролъул, я ролъул карщ МухIаммадил хъизамалъ кIалдиб хъвачIо», - ян. Аварагасул калам лъугIилалде зобалаздасан кутакаб гьаракь бахъуна (гьелъ Авараг хIинкъизавуна).

 

Аварагас Жибрилида гьикъула: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къиямасеб къо чIезе амру гьабурабищ?» - ян. «ГьабичIо, амма ТIадегIанав Аллагьас Исрафил малаикасде амру гьабуна рещтIаян, дур калам рагIидал», - ян жаваб кьола Жибрилас. Исрафил малаикас абула: «ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ дур калам рагIана ва дида цадахъ дунялалъул киналго хазинаби ритIана, амруги гьабуна дуе гьел кьейин абун. Дуе бокьани Тигьамалъул мугIрул якъуталде, месед-гIарацалде сверизарила ва мунгун цадахъ рилълъинарила. Дуе бокьани мун, Авараг-ханлъун вукIа яги Авараг-лагълъун вукIа», - ян.

Жибрил гьесдехун вуссараб мехалъ, Авараг хIузуралда ватула ва хадуб абула лъабго нухалъ такрарги гьабун: «Дун Авараг-лагълъун вукIина», - ян (имам Табарани).

Аллагьасул ﷻ хIакъикъияв лагълъун вукIин кIудияб макъам буго. Гьелъин Аварагас ﷺ тIаса бищараб Аллагьасул ﷻ лагълъун вукIин.

Аварагас дунялалъул кинабго бечелъи нахъчIвана. Аварагас гьеб къабул гьабун букIарабани, гьес гьеб кинабго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нухда хвезабизеги букIана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна зобалазул бечелъи: бакъ тIерхьун хадуб тIадбуссинабуна, моцI бихъизабуна ва гьелда релълъарал цогидалги мугIжизатал.

Аварагасул адаб гьаби ккола гIадамаз гIодорегIанлъун рикIкIарал хасиятаздалъун гьесул сипат гьабичIого тей. Гьесда хурхинабиларо мискинлъи, бесдаллъи ва гь.ц. Цо-цо гIалимзабаз тIубанго какана зугь Аварагасда ﷺ хурхинаби, щайин абуни, гьаб дунялалъул Аварагас ﷺ тIубанго кIвар гьабичIолъиялъ. Гьеб мисал Аварагас ﷺ тIолабго гIумруялъ жиндирго мисалалдалъун бихьизабуна.

Имам Субкияс «Сайфул Маслул» абураб тIехьалда хъван буго: «Андалусиялъул факъигьаз ТIулайтIули абурав факъигьасул бетIер къотIизе бегьулин абун фатва кьун букIана. Щайгурелъул, цо дагIбаялда гьес лъазабун букIун Авараг ﷺ мискинав, бесдалав вукIанин абун. Андалусиялъул гIалимзабаз гьесул пиша рикIкIана Аварагасул ﷺ адаб гьечIолъи бихьизабилъун.

Шайих Бадрудин аз-Заркашияс абуна: «Авараг бечелъиялъул рахъалъ мискинавлъун вукIинчIо. Гьев вукIана киназдасаго бечедав. ХIакъикъаталда, гьесие ва гьесул хъизамалъе дунялалъул гIураб боцIи букIана. Нилъер напсиял мурадазе тIолабго дунял гIоларо. РахIатаб, эркенаб гIумруялъе гIемераб боцIи-мал къваригIунаро», - ян.

«Я Аллагь, дие мискинлъи бокьизабе» абурал Аварагасул ﷺ рагIабазул магIна ккола, ракI парахалъи ва мутIигIлъи. Бечелъи, боцIи-малалъул мискинлъи гуро.

Амма Аварагасул ﷺ бечедго гIумру гьабизе рес букIаниги, гьес тIаса бищана ракъи. Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьас абула дуе бокьани Маккаялъул кIкIал меседалде сверизабилин абун. Дица абуна: «Я, дир БетIергьан, гьеб дие бокьун гьечIо. Дун цо къоялъ гIорцIун, хадусеб къоялъ вакъун вукIина. Дун вакъараб мехалъ хIузуралда вукIуна ва Мун ракIалде щола. Дун гIорцIараб мехалъ, дица Дуе рецц гьабула», - ян.

КIудияв гIалим ва тарихчи ибн Жарир ТIабарияс ва ибн ХIажар ГIаскъаланияс «ФатхIул бари» абураб тIехьалда хъван буго: «Аварагги асхIабзабиги цин-цин ракъун чIолаан, амма мискинлъиялъ яги хIажалъиялъ гуреб. Гьел ракъун чIеялъе гIилла букIана къварилъи ккаразе кванил нигIматал кьезелъун (жеги гьез нахъе цIунун букIана жидерго хъизамалъеги) яги гьезие чехь цIезабизе бокьунгутIиялъ».

Абула гIемер кванай кколин тIоцебесеб гIасруялдаса хадуб загьирлъараб тIоцебесеб бидгIайилан. Цо-цояз абула, квана-гьекъеялъ ва гIорцIиялъ квербакъи гьабизе бегьулин инсанасул рекIелъе илбис лъугьиналъе. ГIемер кванаялъ шагьват цIикIкIинабула ва шагьват ккола шайтIаналъе бищунго бокьулеб яргъил цояб. Ракъи сабаблъун малаикзабаз инсанасул рекIелъе нух балагьула. Нилъеда лъала, инсанасда аскIор малаикзаби рукIин ккола рахIмат.

Нафвал Хузалияс абуна: «ГIабдурахIман ибн ГIавф вукIана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахIана. Гьес нижее бачIана цо суркIаялъубги лъун чедги гьанги. Нижеда цебе суркIа лъураб мехалъ, ГIабдурахIман гIодизе лъугьана. Дица гьесда гьикъана: «Я Абу МухIаммад, мун щай гIодулев?» - ян. Гьелъие жаваб кьолаго, гьес абуна: «Аллагьасул Расулас хвезегIан ва гьесул агьлуялъги гIорцIизегIан ролъул чед кваначIо», - ян.

Дида ккола, нилъее гьарзаго гьадин нигIматал кьеялъулъ кIудияб лъикIлъиго батиларин абун. 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...