Аслияб гьумералде

КIочене бегьулареб

КIочене бегьулареб

Хвел буго щивасде бачIунеб парз. Гьеб щвезе буго щибаб Аллагьасул махлукъаталде. Гьелдаса ворчIизе гьечIо щивго, хIатта рухIал росулев ГIизраил малаикасдеги щвезе буго гьеб. «Ар-РахIман» сураялда буго гьадинаб магIнаялъул аятал: «Ракьалда бугебщинаб хвел тIаде щвезелъун буго, абадиявлъун абуни цохIо Аллагь вуго», - абун.

 

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялдалъун Исрафил малаикас суралъубе пуйдал, киналниги махлукъатал хола, хIатта хасал тIадкъаял тIуралел рукIарал малаикзабицин. Гьеб мехалъ Аллагьас ﷻ аскIове ахIун ГIизраил малаикасда цIехола щив хутIарав чIагойилан абун. Гьес жаваб гьабула: «Я БетIергьан! Дуда лъикI лъала, чIаго хутIарал руго ЖабрагIил, МикагIил, Исрафил ва ГIизраил», - абун. Цинги Аллагьас ﷻ амру гьабула гьезулги рухI босиян. ГIизраилас гьезул рухI босула кутакаб дандекъаялъ, цо-цо нухалъ дандекъан. Хадувги аскIове ахIун ГIизраилида цIехола Аллагьас ﷻ, Жиндаго лъикI лъалеб букIаниги, щив хутIарав абун. ГIизраилас жаваб гьабула: «Я дир Аллагь, я дир БетIергьан, дуда лъикI лъала щив хутIаравали, хутIун вуго Дур загIипав лагъ – рухIал росулев малаик», - абун. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесда абула: «Дир КIодолъиялдалъун, ТIадегIанлъиялдалъун, Къуватлъиялдалъун Дица дудаги хвалил кьогIлъи чIамизабизе буго, дуца Дир лагъзадерие гьабулеб букIараб куцалъ. Мун а ва Алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьовги чIун хва», - абун. Гьеб мехалъ хвалил малаик уна Аллагьас ﷻ абухъе Алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьоб бакIалде ва гьениб гьес гьабула кутакаб гьаракь (суралъубе пун махлукъат хун букIинчIебани, жиб сабаблъун цо течIого хвезе рукIараб гIадаб), цинги живгоги хола.

Гьелдаса хадуб ракьалдехун вуссун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Я ракь! Кир ругел дур гIорал, кир ругел дур гъутIби, кив вугев мун берцин гьавулев вукIарав инсан? Кир ругел ханзаби ва гьезул наслу, кир ругел дол зулмучагIи ва дозул наслаби? Кир ругел Дица жидее ризкъилъун кьураб жоялдаса кваналел, талихIалда гIумру тIамулел рукIарал, амма Дун гуресе лагълъи гьабулел рукIарал? Жакъа лъие бугеб дунял-гIалам?» - абун. Амма лъицаго, щибго жаваб гьабуларо! Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жинцаго жаваб гьабун абула: «Кинабго ханлъи буго Цогояв, Сундего хIал кIвей бугев ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ. Кинаб бугониги гIунгутIиялдаса ВацIцIадав, Абадияв!» - абун.

Аллагь гурхIаги гьеб къо тIаде щведал щивав бусурбанчиясда!

Дунялалъул ишал берцин рихьун, нилъер ракI, пикру-хиял ругьунлъун лъугьун буго хвезего хвеларин абураб жоялда. Амма гьеб бугоха нилъер бищун кIудияб мекъи ккей. Дунял гьабизе гьукъун гьечIо, амма аслияб жо, ахират кIочене бегьуларо. Пикру гьабе нилъеда цере рукIаразул, гьелги рукIарал нилъго гIадин, хьулги букIараб хвалил лълъар гьадигIан хехго тIаде бачIинарин, санаде рахарал къояз регIилин ахираталъе гIамал гьабизе абун. Амма тIад жемараб лъабго гъат мусрудул гуреб дунялалъул магIишаталдаса цадахъги босичIого арал хабалъе. Гьезго гIадин нилъецаги тезе буго дунял, гьабураб магIишат, рокьулел лъимал-хъизанал ва ккезе руго гIицIаб хабал гвандинире. Гьениб пайдаялъе батула гьабураб лъикIаб гIамал, тIубазабураб диналъул тIадкъай.

Гьеб къоялде хIадурлъиги ккола щивав чияс кIвар цIикIкIун гьабизе ккараб иш. ХIисаб гьабизе ккола жиндир хьвада-чIвадиялъул, гьарурал гIамалазул, пишабазул. Гьедин гьабиялъ кумек гьабула лъугьарал гъалатIал ритIизаризе, гIамалал жеги лъикIлъизаризе.

ГIумар-асхIабас абун буго: «Цин дуцаго дуего гьабе диван, гьеб дуе (Къиямасеб къоялъ) гьабилалде цебе, дурго гIамалалги цIай, гьел дуе цIалелде цере, хIадурлъиги гьабе (Аллагьасда) цеве чIолеб КIудияб къоялде», - абун.

Имам Гъазалияс хъван буго: «Хвел ва гьелъул захIмалъи лъай ккола ракI гвангъизабулеб канлъи. Хвалил пикру гIемер гьабулесе лъабго хасият щола: тавбу гьабизе гIедегIи, дагьалда гIей гьаби ва гIибадат гьабиялъулъ цIакъ бахъи. Амма гьеб кIочон толезе гIаксияб щола: тавбу гьабиялъулъ хIинцлъи, бугелда разилъи гьечIолъи ва гIибадаталъулъ кIвахIаллъи», - ян.

Хвелги буго жакъа-метер тIаде щвезе батиларин абурал пикрабазда нилъ ругониги тохлъукьего бачIунеблъун. ХIасанул Басрияс абун буго: «Я Адамил лъимер! Мун буго чанго къо. Щибаб араб къоялда цадахъ дур цо бутIаги уна», - ян. «Хвалде хIадурлъи гьабе, гьеб тохлъукьего бачIуна», - ян.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дуца абе, МухIаммад ﷺ! Нуж жиндаса лъутулеблъун бугеб хвел чара гьечIого нужеда дандчІвазе буго…», - ян (суратул «ЖумгIат», 8 аят). Гьелъул пикру гьабиги буго цIакъ беццараб гIамал. ХIадисалда буго: «Нужеца лазатал лъугIизарулеб жо (хвел) гIемер рехсе», - ян (Тирмизи).

Хвел гIемер рехсеялдалъун чиясда бичIчIизе кIола, ахираталда дандеккун дунялалъул кинаб даража бугебали. КантIизавула, жив хведал нахъе хутIизе бугеб магIишат-яшав гIемер гьабизе ккелищ абуралде, гьесизавула пайдаяб гьабиялде. ГIали-асхIабас абун руго: «РухI босун уна (дунялалда) гIумру гьабулеб букIараб куцалда. Хвелалъ киналго балъголъаби загьир гьарула», - ян.

Аллагьасда ﷻ цере чIараб къоялъ нилъер киналго гIамалал цере лъола ва щибалъе нугIлъи гьабизе лугбалги тIамула.

Хвел ракIалда бугони чияс тавбу гьабиги нахъбахъуларо, жиндие бокьулареб чидаеги гьабуларо, гIибадаталъулъ кIарчанлъиги биччаларо. Хвел кIочон буго талихIкъин, шайтIан-иблисалъ, напсалъ гукки!

Аллагьас ﷻ ритIун ккезареги хвалил гIуж тIаде щведал! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...