Аслияб гьумералде

Мадугьаллъи

Мадугьаллъи

Мадугьаллъиялъул хIукъукъал исламалъ цIакъ кIодо гьарун руго. РикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб умумузул абиги буго.

Бусурбабазда аскIор гьаризе кколел адабал мадугьалзабазда аскIорги гьаризе ккола. Бусурбабазда аскIор бусурманлъиялъе гIоло цIунизе кколел адабал, мадугьалзабазда аскIор, бусурманав ва мадугьал вукIиналъе гIоло цIунизе ккола.

Мадугьалзаби рукIуна лъабго батIиял: нилъеда тIад цо хIакъ бугев, бусурманав гурев мадугьал; нилъеда тIад кIиго хIакъ бугев, бусурманав мадугьал; нилъеда тIад лъабго хIакъ бугев бусурманав ва гIагарав мадугьал. ХIадисалда буго:

«Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулев чияс мадугьал кIодо гьаве», - ян.

Гьединлъидал мадугьаласе сундалъун бугониги квешлъи гьабизего бегьуларо. Квешлъи гьабичIого тарабги гIоларо, гьес гьабураб квешлъиги баччизе ккола. Гьес гьабураб квешлъи баччарабги гIоларо, гьесие лъикIлъи гьабулевлъунги вукIине ккола.

Ибну МукъфагIида рагIун буго мадугьалзабазул лъимал гIодулел. Гьел гIодулел рукIун руго налъи бецIизе кIоларого рукъ бичизе ккун. Гьес, мадугьаласул налъиги бецIун, рукъзал ричизе тун гьечIо.

Пуланав чияс, рокъор гIункIкIал гIемерлъидал, рокъобе кету бачун гьечIо, гьелдаса хIинкъун гIункIкIал мадугьаласул доре тIурилин ккун.

Къокъго абуни, мадугьаласе саламги кьела, гьикъа-бакъиги гьабила, гIемерги гаргадиларо, унтун вугони ваккизе ина, рохел-пашманлъи щвараб мехалда аскIов чIела, жиндирго гордухъан яги азбаралъусан мадугьаласул азбаралде ваккиларо, гьесул руччабазухъ, ясазухъ балагьиларо, гьесул рукъалъе зарал кколеб щибго жо гьабиларо, гьесул гIайибал рахчила, гьесул лъималазе берцинаб мацI бицина.

ПалхIасил, бусурбабазда аскIор цIунизе кколелщинал адабал кIиго нухалъ цIикIкIун цIунила мадугьаласда аскIор. Рукъалда гIагаравгIан мадугьаласул хIакъги цIикIкIараб букIуна.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...