Аслияб гьумералде

Дунял ва ахират

Дунял ва ахират

Дунял ва ахират

 

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв ГIабдуллагьил вас Жабирица бицана: «Ниж свалат-салам лъеяв аварагасул мажлисалда гIахьаллъун рукIаго, хирияв аварагасде аскIовеги вачIун, хъахIаб гьумералъул, берцинаб кьералъул, хъахIаб партал ретIарав пуланав чияс салам кьун хадуб аварагасда гьикъана: «Я Аллагьасул расул! Щибжо кколеб дунял?» - ан.

 

Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Гьеб буго берцинаб макьу, гьениб гьабураб лъикIаб гIамалалъухъ кириги, квешаб гIамалалъухъ гIакъубаги букIунеб», - ан. Нахъеги гьес гьикъана: «Я Аллагьасул расул! Щибжо кколеб ахират?» - ан. Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб буго даимаб рукъ, цо къокъа алжаналда, цогидаб къокъа жужахIалда букIунеб», - ан. Хадубги гьес гьикъана: «Я Бичасул авараг, щибжо кколеб алжан?» - ан. Аварагас абуна: «Гьеб буго БетIергьанас, дунял рехун тарав чиясе, хисун кьолеб нигIмат», - ан. Гьес нахъеги гьикъана: «Щибжо кколеб жужахI?» - ан. Хирияс ﷺ жаваб гьабуна: «Гьеб буго дунялалда хадур лъугьун, ахират рехун тарав чиясе бугеб жазаъ», - ан. Гьес щуабизеги гьикъана: «Я Аллагьасул расул! Дунялалдаги ахираталдаги гьоркьоб кигIан заман бугеб?» - ан. Аварагас абуна: «Бер къан рагьизегIан заман гурони гьечIо», - ян. Цинги гьев чи нахъе индал свалат-салам лъеяв аварагас абуна: «Гьав вуго ЖабрагIил малаик, нужер дунялалдаса хьул буссинабизе ва ахираталде хьул лъезабизе вачIарав», - ан.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв ХIасанул Басрияс бицана: «Дица тIалаб гьабуна ункъо соналъ аварагас щибаб рузман къоялъ гIадамазе гьабулеб букIараб хутIба. ГIемер тIалаб гьабун хадуб дида гьеб батана Жабир бин ГIабдуллагь абурав ансариязул цоясухъ. Цинги дица гьесда гьикъана: «Дуда рагIанищ аварагас щибаб рузман къоялъ гьабулеб букIараб хутIба?» - ян. Жабирица жаваб гьабуна: «РагIана, гьес щибаб рузман къоялъ абулаан: «Ле, иман лъурал гIадамал! ХIакълъунго, инсан кIиго заманалда гьоркьов вуго. Цо араб заман, Аллагьасда цебе гIамал къабуллъараб яги нахъчIвараб, лъалареб. КIиабилеб, бачIунеб заман, БетIергьанас щиб хъван бугебали лъалареб. Гьединлъидал нужеца ахираталъе пайдаяб бакIаре щибаб цIалеб хIухьелалда гьоркьобги, гIолохъанлъиялдаса херлъизегIанги, чIаго ругелгIан мехалдаса хвезегIанги. Аллагьас дунял нужее бижун буго, амма нуж ахираталъе рижун руго, дун Аллагьасул цIаралдалъун гьедула, гьаб дунял тун хадуб инсанасе рукъ гьечIо, алжан яги жужахI тун батIияб», - ан.

Аварагас ﷺ абуна: «Щив чи вугониги дунялалъул ургъалида радал тIаде вахъун, Аллагьас гьесде тIаде лъабго пиша тIамула: киданиги тIаса унареб ургъел, кидаго лъугIулареб хIалтIи, жиндир ахир гьечIеб мискинлъи», - ян. Фузайл ибну ГIиязица хъвалеб буго: «Кинабниги квешлъи цо рокъобе жанибе бакIарун буго, гьелъул кIулалги дунял бокьи буго. Кинабниги лъикIлъи цо рокъобе бакIарун буго, гьелъул кIулалги дунял рехун тей буго», - ян.

Цо нухалъ ЖабрагIил малаикас жинда свалат-салам лъеяв НухI аварагасда гьикъана: «Я БетIергьанас бищун халатаб гIумру кьурав авараг, дуда гьаб дунял кинаб жо батараб?» - ан. НухI аварагас жаваб гьабуна: «Дида гьеб батана кIиго нуцIа бугеб рукъалда релълъараб жо, цоялдаса жанире рачIунеб, цогидалдаса къватIире лъугьунеб», - ан.

Аллагь ﷻ разилъаяв ГIали-асхIабас абуна: «Щив чи вугониги анлъго пиша данде гьабун, гьев вуго жиндие алжанги щварав, жужахIалдасаги рикIкIалъарав: жинда Аллагьги лъарав гьесиеги мутIигIлъарав, жинда щайтIаналъул макруги лъарав ва гьелдаса рикIкIалъарав, хIакъаб жо тIалаб гьабурав, гьелда нахъги вилъарав, батIулаб жоги бичIчIарав, Аллагьасукьа хIинкъун гьебги тарав, дунялги, гьелъул гIодобегIанлъиги лъарав ва Аллагьасе гIоло гьеб рехун тарав, ахираталъул тIадегIанлъи лъарав, гьеб тIалабги гьабурав чи»,  - ян.

 

АхIмад МухIумаев

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...