Аслияб гьумералде

КIиабилев имам

КIиабилев имам

Дагъистаналъулгун Чачанлъиялъулги кӀиабилев имам ХӀамзат-бекил биография гӀураб къадаралда цӀех-рех гьабун жеги рагIалде бахъун гьечIо. Гьесул гӀумруялъул гӀемерал лъугьа-бахъинал мухIканго лъаларо. Амма гьесул гӀумру ва хӀаракатчилъи бичӀчӀизе кумек гьабула нахъе ругел документаз ва биценаз.

 

ХӀамзат гьавуна 1789 соналда, ГьоцӀалъ росулъ. Гьесул эмен ГIалисканди-бек вукӀана машгьураб Бурдохолил тухумалдаса.

ГьанжелъагӀан хутӀараб наслуялъул хъвай-хъвагӀаялда рекъон, гьеб тухумалъул аслу бухьинабун буго Гъазикумухалъул хӀаким МухӀаммад Бурдуханида. Гьев вукӀун вуго МухӀаммад аварагасул ﷺ имгӀал ГӀаббасил наслуялъул чи.

ХӀамзатил эмен вукӀана Авар ханлъиялъе бетIерлъи гьабулеб тухумалъулгун гIагарлъиялъул бухьен бугев чи. КӀудияв ГIумма-ханил заманалда гьев вукIана вазирлъун. ГIумма-ханица ГӀалискандар-бек жиндие хирияв чи вугин абун, гьесул кӀудияб адаб-хӀурматалда бицунеб кагъат нахъе хутӀун буго.

Цо-цо тарихиял баяназда рекъон, ХӀамзатил эбел ПатӀиматги йикӀана ханзабазул тухумалдаса. Гьедин, ХӀамзат-бек гӀуна Авар ханлъиялъул гӀумруялъулъ кӀудияб бакӀ кколеб машгьураб хъизамалда.

ХӀамзатица лъабго сон бараб мехалда хвана гьесул эбел. Гьесие тарбия кьуна ГӀалискандар-бекил цогидай чӀужуялъ - гьелдаги цӀар букӀана ПатӀимат. Гьединлъидал батила ХIамзат-бекил эбелалда хурхун дандекколарел баянал тӀахьазда рахъаралги.

ГьитӀинаб къоялдасаго ХӀамзат ватӀа вахъулаан къуваталдалъун, бахӀарчилъиялдалъун, ракӀчӀеялдалъун. Гьев гӀахьаллъулаан къецазда ва лъикӀав вукӀана векеризе, кьвагьдезе, хвалчад вахъине, чуязда рекӀине.

Заманцояз ХӀамзат-бекие сипат гьабулаго абулаан гьев вукIанин ворхатав, берцинаб сипаталъул, къадруяб хьвада-чӀвадиялъул чийилан.

ХӀамзат-бекил гӀумруялъулъ кӀудияб бакӀ ккола гIелмуялъ. ГьитӀинаб къоялдаса нахъего гьес исламиял гӀелмаби цӀалана Дагъистаналъул цӀар рагӀарал гӀалимзабазда цебе.

Гьесул мугIалимзабаздасан ккола Дибир-Къади ал-Авари, ГьаракIуниса СагIид, ЧӀохъа МухӀаммад, Авариялдаса НурмухӀаммад-къади.

АнцӀила кӀиго сон барав ХӀамзат ана ЧӀохъе, цӀали халат бахъинабизе. Гьенив цӀалана машгьурав гIалимчи Аюбил вас МухӀаммадида цеве. ГӀага-шагарго анцӀила кӀиго сон бана ХӀамзат-бекица мадрасалда. Хадуб, жеги чанго соналъ цӀалана Хунзахъги.

Имам ГъазимухӀаммад хведал, 1832 соналъул октябралда, ХӀамзат-бек вищана имамлъун.

ХӀамзат-бекил гӀумруялъул ахирисел моцӀал щулаго рухьарал рукӀана Авар ханлъиялда ккарал лъугьа-бахъиназда. Гиничукьа ХIайдарбегил рагӀабазда рекъон, Хунзахъ ккун буго ракълилаб къотӀи-къай гьабиялда тIасан дагIба. Гьеб дагӀба ракълида тIубалеб бугин ккараб мехалъ, кватӀичӀого хунздерил гӀадамаздаги имамасул рахъ кколездаги гьоркьоб кьал ккана.

Гьелъул хӀасилалда хвана ханасул тухумалъул чагӀи. ХӀамзат-бекил рахъ кколезеги камиял ккана. Гьезда гьоркьор рукӀана гьесул вац Мурад-бекги цогидал гӀагарал чагӀиги.

Хадур бицине байбихьана ХӀамзат-бекида ракӀалда букӀанин ханасул тухумалъул чагӀи тӀагӀинаризе. Амма тарихиял баяназда рекъон, гьединаб хӀасил гьабизе гӀурал далилал гьечӀо.

Нахъе хутӀарал баяназда рекъон, жибго тунка-гӀуси ккараб мехалда ХӀамзат-бек гьенив вукӀун гьечӀо. Гьел лъугьа-бахъинал ккелалдеги гьес чанго нухалда ханзабазулгун кӀалъа-басаял гьарун рукӀараблъи лъала ва гьеб иш ракълилаб къагӀидаялъ рагӀалде бахъинабизе тӀалаб гьабулеб букӀана.

МухӀаммад-ТӀагьир Къарахъияс хъван буго Шамил имам гьедулев вукӀанин гьесда ракӀалдаго букӀинчӀин хунздерил цонигияв чӀвазе.

1834 соналъул 7 сентябралда, рузман къоялъ (юлианияб календаралда рекъон), ккола григорианияб календаралда рекъон 19 сентябралда, ХӀамзат-бек рузман базе Хунзахъе, мажгиталде вачIуна. Гьениб ХӀамзат-бекги чӀвала. Гьев вукъана Хунзахъ росдал хабалазулъ.

 

МухIаммад ХIажиев, муфтияталъул гIелмияб отделалъул нухмалъулев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...