Аслияб гьумералде

Мунапикъасул лъабго гIаламат

Мунапикъасул лъабго гIаламат

Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Инсан хведал гьес нахъе тола лъабго жо: жиндирго агьлу, боцIи, гьабураб гIамал. Гьесул хъизан-агьлуги бечелъиги хутIула гьаб ракьалда, амма хабалъе гьесда цадахъ уна цохIо гьес гьабураб гIамал.

Бусурбанчиясул гIумруялда жаниб ният буго кIвар бугеб аслулъун. ГIумар ибн ХатIабидасан бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «ГIамалазул къимат гьабула нияталдалъун, щивав чиясе букIине бугила гьес ният гьабураб жо». Нилъеда гIемер рагIула гьеб хIадис, амма кидаго гуро гьелъул магIнаялъул хIисаб гьабулеб. Инсан цIалулев, хIалтIулев яги хъизан-лъималазул ургъел гьабулев вугони, амма гьелдаго цадахъ битIараб ниятги бугони, гьеб кинабго лъугьуна гIибадатлъун ва гьелъухъ кириги щола. Масала, Аллагь ﷻ разилъиялъе гIоло гIадамазе кумек гьабизе, гьел сахлъизаризе къасдгун медицинаялъул цIалдохъанасе кири щола гьез гIелмуялдехун тIамураб щибаб галиялъухъ. ГIадатияб ишлъун бихьулеб жо, битIараб ниятгун цадахъ лъугьуна кIудияб рахIматлъун.

Исламалъ нилъ ахIула жавабчилъиялде. Имам Бухарияс ва Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Нужер щивав вуго вехь, нужер щивас жиндирго рехъадул жавабчилъи тIаде босула», - ян. Аварагас ﷺ баян гьабуна: хIакимас жиндирго халкъалъул жавабчилъи тIаде босула, хъизамалда вугев бихьинчияс жиндирго агьлуялъул жавабчилъи тIаде босула, рокъой йигей чIужугIаданалъ жиндирго лъималазул ва рукъалъул хIалтIабазул жавабчилъи тIаде босула, хIатта лагъзадерицагицин бетIергьанасул магIишаталъул жавабчилъи тIаде босула. Ахиралда Аварагас ﷺ такрар гьабуна: «Нужер щивав вехь вуго, нужер щивас жиндирго рехъадул жавабчилъи тIаде босула», - ян. Гьелъул магIна ккола, кинаб рахъалда нилъ ратани - хъизамалда, хIалтIуда, жамгIияталда - нилъ рукIине ккола жавабиял гIадамаллъун, ракIбацIцIалъиялъул ва ритIухълъиялъул мисаллъун.

ГIаишатица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасе бокьула нужер цонигияс хIалтIи гьабулеб мехалъ ва гьеб лъикI ва махщалида гьабулеб мехалъ», - ян. Гьелъул магIна ккола исламалъ нилъ ахIулел рукIин муъминзабилъун рукIиналдаго цадахъ, нилъер киналго ишазда жаниб жавабчилъиялъул ва махщалил тIадегIанаб даража бихьизабиялде.

Амма Аварагас ﷺ нилъ кантIизаруна мунапикъзабазул гIаламатаздасаги. Бухариясги Муслимицаги бицараб хIадисалда буго: «Мунапикъасул лъабго гIаламат буго: кIалъалаго гьереси бицуна, рагIи кьедал хвезабула, божилъи гьабидал хиянатлъи гьабула». Инсанас какал раниги, кIалал ккуниги, амма мунапикъасул хаслъабазда вугони, гьесулъ нифакъалъул гIаламатал рукIуна. Щивас жиндирго хал гьабизе ккола: хабар бицунелъулъ гьереси тIаде жубалебищали? Кьураб рагIи тIубазабулищали? Нилъеда божилъи гьабидал хиянатлъи гьабулебищали? Гьел руго рекIел захIматал унтаби, муъминчияс гьел тIагIинаризе жигар бахъизе ккола.

Бусурбаби хIисабалда нилъ рукIине ккола кьураб рагIул бетIергьабилъун: щиб бугониги абуни, гьеб гьабула; рагIи кьуни, тIубазабула; божилъи гьабун батани, гьеб цIунула. ГIадамал гуккизе, кIвар кьечIого тезе, гьел къварид гьаризе бегьуларо.

 

ГIабдула ХIамзатов, Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...