Аслияб гьумералде

Абул ХIасан АшгIари

Абул ХIасан АшгIари

Абул ХIасан АшгIари

Нилъеда гIемер рагIула АшгIарияб гIакъидалъул гIадамал ругин абун бицунеб. ГIемерисезда АшгIарияб абун рагIидал кколеб буго гьеб цо шагьаралда бугеб хассаб мадраса бугин абун. Цогидазда кколеб буго гьел къосарал, квешал гIадамал ругин абунги. Жакъасеб вагIзаялъулъ баян гьабизе бокьун буго щив чи кколев Абул ХIасан АшгIари ва гьесул мазгьаб ккурал битIараб нухдайищ ялъуни къосиналдайищ ругел абураб масъала.

 

ТIолабго дунялалда жиндир цIар тIибитIарав, Дагъистаналъул Имам, Шамил гIумруялъ гъазаваталда вукIаниги, гьев гIелму цIалулев гьелда хурхарав чи вукIана. Гьевгун цадахъ гIелму цIалулел рукIаразул цоясдасан ккола МухIаммад ТIагьир Къарахъиги. Къарахъиясул росулъ бугеб библиотекаялда буго чамалиго тIехь Имам Шамилгун цадахъ цIалараб. Гьел тIахьаздасан руго кIудияв гIалим Ибну ХIажар Гьайтамиясул тIахьалги. Гьесул «ФатхIул Мубин» ва «СавагIикъул МухIрикъат» абурал тIахьазда хъвалеб буго Абул ХIасан АшгIари нилъер имам вугин ва гьесул нух ккурал Агьлу суннат вал жамагIатаздасанги кколин абун. Гьединго живго Къарахъиясги «ШархIул Мафрузалда» рехсолеб буго гьелго магIнаялъул рагIаби. Нилъер Дагъистаналъул гIалимзабазгун цогидаз тIухьдузда Агьлу суннат вал жамагIаталъул гIадамал щал кколелин абураб суалалъе жаваб гьабун хъвала Абул ХIасан АшгIариясда нахърилълъарал гIадамал ругин абун. Дагъистаналъул агьлу кидаго букIана Абул ХIасан АшгIариясул гIакъидаталда нахърилълъараллъун.

Живго Абул ХIасан АшгIари гьавуна Аварагас ﷺ реццарал тIоцересел лъабго гIасруязул 260 соналъ. Эмен хвана Абул ХIасан жеги гьитIинго. ХвезагIан цебе гьес Закария Ас-Сажи абурав хIадис ва фикъгьиялъул гIалимчиясе васият гьабуна жив хун хадув васасул тIалаб-агъаз гьабеян. Гьес тарбияги кьун гIелмуги малъун гIуна Абул ХIасан АшгIарияв. Рос хун хадуй гьесул эбел росасе ана доб заманалда цIар рагIарав мугIтазилитазул кIудияв гIалимчийин вукIарав Абу ГIали Жубаиясе. Хирияв Авараг ﷺ накълулъун асхIабзабазул гIасру лъугIилелдего загьирлъана къосарал фиркъаби. Гьездасан рукIана мугIтазилиталги. Гьеб заман букIана цIакъ гьел машгьурлъарабги.

Абул ХIасаница байбихьана Абу ГIали Жубаиясухъ гIелму тIалаб гьабизе ва кватичIого гьесул цIалдохъабазул бищун цеветIуравлъунги вахъана. ХIатта Жубаияс гIелмияб къец гьабизелъун цин-цин жиндирго бакIалъцин витIулев вукIун вуго.

Гьедин кIикъого соналъ мугIтазилатазул гIакъидаялда вукIана Абул ХIасан АшгIари. Кинниги, мугIалимас бицунелъ рекIел хIал хьолеб букIинчIо Абул ХIасанил. Гьелъ рахIатбахъи гьабулеб букIарав Абул ХIасаница байбихьана Аллагьасда ﷻ жиндие хIакъаб нух рагьеян абун гьаризе. Гьедин, рамазан моцI тIаде щведал лъабго нухалъ гьесухъе Авараг ﷺ вачIун вуго макьилъ жиндир ﷺ нухалъе квербакъеян абун. Гьеб макьу сабаблъунги ккана Абул ХIасаница мугIтазилитазул нух теялъеги. Лъабибел макьуялда хадуб Абул ХIасан тIованго гIадамаздасаги ватIалъун 15 къоялъ рокъосан къватIиве вахъинчIого чIана. Цинги байбихьун буго Къуръан хIадисалдаса, гIалимзабазул рагIабаздасан бахIс гьабун хIакъаб нух тIалаб гьабизе. Жеги мугIтазилиявлъун вукIаго гьел ритIараллъун рукIиналъе квербакъулеб жинцаго хъвараб тIехьалда данде хъвана гьел къватIир чIвазарураб цIияб тIехь. ТIадежоялъе къватIиве вахъун рузманалде щведал жамагIаталда цевеги вахъун абун буго: «ГьанжелъизегIан дун вукIана мугIтазилатазул гIакъидаялда, рузманалдаса хадуб гьаб халгIат тIаса бахъарабго гьеб къокъаялъул гIакъидаги тIаса бахъулеб буго дица», - ян. Гьелдаса нахъе Абул ХIасаница байбихьана Аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул букIараб гIакъида тIибитIизабун мугIтазилитазда данде хIалтIи гьабизе. ГъодигIан захIматаб заманаялъ, гьезухъ къуватги букIараб, дандеги вахъун Абул ХIасаница Аварасул ﷺ нух тIибитIизабун хIалтIи гьабиялъ буго жакъа нилъги гьесде нахъ регIизарулел, ай Абул ХIасан АшгIариясул гIакъидат ккурал абун. Кинниги гьес гIакъидаялъулъ цIияб жо жинцаго ургъичIо. Жибго Аварагасул ﷺ букIараб гIакъида гIадамазда бихьизабуна. Гьелъул магIнаги гьечIо ункъавго мазгьабалъул имамзабиги, Имам Бухари Муслим ва цогидал чIахIиял гIалимзаби гьаб нухда рукIинчIин абураб. ТIадеги, гьел киназулго букIана Абул ХIасан АшгIариясул гIакъида.

Абул ХIасан АшгIариявгун бахIс гьабун бергьунев цониги мугIтазилияв вукIинчIо гьесул заманалда. ШафигIил мазгьабалъул гIалимчи Абу Сагьл СагIлукияс бицана цо нухалъ Басраялъул мажгиталда Абул ХIасанилгун ккараб къиса. Гьенир ругел мугIтазилитазул гIалимзаби бахIсалде ахIана Абул ХIасаница. Цо рахъалъ Абул ХIасан гIодовчIана дандритIун мугIтазилиталги. БахIс байбихьидал суалал кьун Абул ХIасаница киналго къинаруна. Хадусеб къоялъги бахIс гьабизе къотIи букIаниги гьезул цонигияв данделъиялде вачIинчIо. Цинги Абул ХIасаница абуна мугIтазилитал лъутанилан абун нуцIида хъван теян.

Абул ХIасаница гIемерал тIахьал хъван рукIана. ХIатта абулеб буго цохIо Къуръаналъе тафсир гьабураб тIехьалъул 200 том букIанин. Амма гьел тIахьазул гIемерисел рагъал сабаблъун ва тушбабазул хIасадалъ жакъа нилъехъе щвечIо.

Цо-цо гIадамазда кколеб буго ашгIариясул гIакъидаги, шафигIияб мазгьабги, тIарикъатги цояб цоялда хурхъичIеб батIа-батIаяб жо бугин. ХIакъикъаталда гьеб лъабабго ккола кидаго цадахъ букIараб. Агьлу суннаталъул гIалимчи вукIунаан ункъабго мазгьабалъул цоялдаги ва живго тIарикъаталда гьечIонигицин тIарикъаталъул агьлугун цадахъ хьвадулевлъунги.

Чанги чи вуго жакъа жив ашгIарияв вугин ва амма тIарикъат жиндие данде кколарин абулев. Амма цере рукIарал ашгIариязул тIарикъаталъул агьлугун кидаго букIана хурхен.

 

Муса Багилов, ДИУялъул мугIалим

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ГIузру бугесе бигьалъи

ТIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугелдасан ккола как. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккола букIине кколеб куцалда как базе, ай киналго шартIалги цIунун. Гьединго цIунизе какилъ рихьизарурал суннатал гIамалалги.   Фикъгьиялъул тIахьазда хъван буго как балелъул вахъун чIезе бажарулеб...


Нужее баяналъе

  Зубайр бин ГIаввамил чан сон букIараб ислам босидал? – 16 сон. ТIоцеве къазилъун щив вукIарав? – ГIумар бин ХатIаб. Алжаналъул мацI щиб? – ГIараб мацI. Ансаразул сайидилан лъида абулеб? – СагIд бин МугIазида. ЧIвалелде цебе балеб суннатаб как тIоцебе лъица бараб? –...


ГIумраялъул хIакъалъулъ

«Мавра-Тур» компаниялъул гьариялда рекъон, ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъул хIалтIухъабаз хIадур гьабуна ва къватIибе биччана «Умра: малое паломничество» абураб тIехь. Гьениб мухIканго ва щивав бусурбанчиясда бичIчIуледухъ хъван буго гIумра гьабулелъул лъазе...


МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас ﷺ Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:   «Нужеца гьезие бигьалъи гьабе, захIмалъи гьабуге, гьел гIагар гьаре, тIуризаруге, нуж кIиялгоги цоцазде адаб-хъатиралда рукIа ва цоцазда гьоркьоб хилиплъи ккеялдаса цIуне....


ХIикматал махлукъатал

Медуза   Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600 миллион соналъ цебе ва чанго нухалда дунял хваниги гьел чIаго хутIанин абун.   Гьезда гьечIо ракI, гьуърал, гIадалнах, ракьа. Амма лъала чан...