Аслияб гьумералде

Муъминчиясул нур

Муъминчиясул нур

Как ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ муъминчиясе кьураб кIудияб сайгъат, гIумру гвангъизабулеб нур, ракI щула гьабулеб мугъчIвай. Гьеб ккола лагъасдаги БетIергьанасдаги ﷻ гьоркьоб бугеб битIахъегояб бухьен, мунагьаздаса вацIцIалъизе ва рекIее парахалъи батизе рес.

 

Квеш ккараб жо буго, дунялалда хадур лъугьиналъ, гIемерисез байбихьула как, ургъел гьечIого, тIаса-масаго тезе. Гьелдаго цадахъ кIочон тола, как гIицIго тIадаб гуреб, Аллагьасул рахIмат, мунагьаздаса цIуни ва Гьев разилъиялде нух букIин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Квешаб гIазаб ва гьалаглъи буго жидеца балеб какалдаса жал сагьвиллъулел гIадамазе!» - ян. (Суратул «МагIун», аят 4-5)

Гьел аятаз бихьизабулеб буго дунялалъул ургъелалъ, мискинлъиялдаса хIинкъун яги гIицIго кIвахIаллъиялъ как нахъбахъун толел гIадамазе букIине бугеб кIудияб къварилъи.

Мунапикълъиялъул гIамал ккола, как банин абун, гьелъул кири щвеялде хьул лъунгутIи, гьеб бачIого тани Аллагьасул ﷻ гIазабалдаса хIинкъунгутIи, гIадамазда бихьулеб бакIалда как бан ва цогидаб бакIалда бачIого тей.

Как ккола къиямасеб къоялъ Аллагьас ﷻ тIоцебе цIех-рех гьабизе бугеб жо. Аварагас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ лагъасда тIоцебе цIех-рех гьабулеб жо буго как. Гьеб битIун ккун батани, цинги хутIарал гIибадаталги къабул гьарула, гьабичIони - кинабго нахъчIвала». (ТIабарани)

Жакъа гIемерисез какги тун абулеб буго: «Дир хIалтIиги, хъизанги, гьабизе кколел ишалги руго... Какие заман гьечIо». «Дун ракI бацIцIадав чи вуго, дица квешлъаби гьаруларо ва битIун хьвадизе жигар бахъула», - абун.

Ризкъи кьолев Аллагь гурищ? Гьев гурищ нилъее квен-тIех кьолев? ГIарац щвеялъе гIоло гьес нилъее амру гьабураб жо нилъеца тани, гьелъул магIна буго Аллагьас ﷻ кьураб рагIиялдаса цIикIкIун дунялалъул жоялда нилъ божулел рукIин. КигIан лъикIал нилъ ругониги, как толеб бугони, гьелдаса кIудияб балагь инсанасе гьечIо.

ХIадисалда буго: «Бокьун как тарав чиясда Аллагьасул ﷻ ццин бахъуна», - ян (АхIмад).

Гьелдасаги хIинкъи бугеб ккола, как тIаса-масаго тарал гIадамал рехулеб хасаб кIкIал жужахIалда букIин. Гьелъул бухIи мугIруздацин хIехьезе кIвезе гьечIо – тIухьи биунеб гIадин риун уна гьел. Как баларел гIадамазе кигIан кIудияб гIазабха букIине бугеб гьениб!?

Лъимер унтидал, гьеб сах гьабизелъун нилъ хIадурал рукIуна минаги бичизе, батIияб пачалихъалдеги ине, кинабго гIарацги кьезе. Амма щиб нилъеца гьабулеб бугеб лъимер жужахIалдаса хвасар гьабизелъун?

Нилъеца гьеб школалде битIула, рокъобе кьураб хIалтIи цIехола, тренировкабазде бачуна. Амма лъимералъ как балеб бугищали хал гьабулищ?

Нилъ хIинкъула радал какде гьев вахъинавизе, «гьесул макьу хвезабичIого букIине». Амма гьеб гурищ зулму? Нилъеца гьев махIрум гьавулев вуго Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса.

Цо къоялъ Муса аварагасухъе ячIана бану исраилазул чIужугIадан ва абуна:

- Дица зинаги гьабун лъимер гьабуна ва цинги гьебги чIвана. Аллагьасда ﷻ гьаре дида тIаса лъугьа, - ян.

Мусаца абуна:

- Нахъе а! Дун хIинкъун вуго нужер мунагьал сабаблъун зобалаздаса бачIараб цIаялъ ниж рухIилин, - абун.

Цинги ЖабрагIил малаикас Мусада абуна:

- Аллагьас ﷻ гьикъулеб буго, дуда лъалищ гьадай чIужугIаданалдасаги мунагь кIудияв щив вугевали? - ян.

- Щив гьев?

- Ургъунго как тарав чи.

ХIисаб гьабеха, чIвай-хъвеялдаса ва зина гьабиялдаса как теялъул мунагь кIудияб буго.

ГIадамаз бечелъи данде гьабула, рукъзал рала, амма гьеб кинабго гьаниб хутIизе букIин кIочон тола. Гьабураб гIамал гурони хабалъе босуларо.

Цо-цояз абула, пенсиялде ун хадуб базе байбихьилин абун. Амма лъица гарантия кьолеб пенсиялъул ригьалде щвезегIан гIумру гьабизе букIиналъул?

Цогидаз абула жиндир ракI бацIцIадаб бугин. Амма унго-унголъунги бацIцIадаб батани, щайха гьеб Аллагьасе ﷻ мутIигIлъулареб?

КигIан берцинал ругел нилъер Аварагасул ﷺ рагIаби: «Как - муъминчиясул нур буго», - ян абурал. ХIакъикъаталдаги, гьеб канлъиялъ нилъер ракIал гвангъизарула, рухIал рацIцIад гьарула, Аллагьасда ﷻ цере нилъ рорхизарула. Амма гьеб гIибадат нилъеца кIвар кьечIого тараб мехалъ, нилъ махIрумлъула илагьияб канлъиялдаса ва цIуниялдаса.

Аллагьас ﷻ нилъ гIибадат-гIамалалда щула гьареги, Жив ﷻ кIочонарездасанги гьареги. Амин.

 

ГIабдула МухIаммадов, Мах1ачхъалаялда авалмажгиталъул имам

2025-05-15 (Зул КъагIида 1446 с.) №10.


Даруяб чIахI

ГIабукI   Аслияб куцалда гIабукIалъул ватIан ккола Шималияб Азия ва Европа. Шималияб Америкаялда гьеб бижула гӀадатияб чIахI хӀисабалда.   Япониялда гьелда абула «гобо» абун ва гьеб гӀезабула овощ хӀисабалда. Гьелъул кьалбал рукIуна сурмакьерал, тӀеренаб хъал тIад бугел....


ЖамгIияталъул хвасарлъи

ХIурматиял бусурбаби, нилъеца гIемер борхула гIадамазул гIумру-яшав, жамгIияталъул ахIвал-хIал киндай лъикIлъизабилаян абураб суал. Щивав чиясул гьелда тIасан жиндирго пикруги букIуна.   Масала, цояз абула магIишатияб рахъ лъикIлъизабизе кколин, гIадамазе хIалтIи чIезабизе лъикIаб бугин....


ЖужахI тIалъаразеги шафагIат

ГIараб мацIалда «хIеж» абураб рагIи данде гьабун буго кIиго хIарпалдаса: хI ва джим. Гьелъул хIикматги «Кашфул асрар» абураб тIехьалда гьадин баян гьабун буго: «ХI - БетIергьанасул хIилмуялде ишара буго, джим – «джирми», ай «дир мунагьал» абураб магIнаялда. Гьебги, Аллагьас Жиндир хIилмуялдалъун...


Нужее баяналъе

Аюб аварагасде бачIараб балагь чан соналъ халат бахъараб? – 18 соналъ. «Къуръаналъул эбелилан» щиб сураялда абулеб? – Сура «ФатихIаялда». Сура «ФатихIаялда» жаниб чан аят бугеб? – Анкьго. Жиндалъун гурони как буцIцIунареб...


ХIафизалгун дандчIвана

ДРялъул муфтиясул заместитель Мугьаннад Ас-Сакъа дандчIвана Дагъистаналъул хIафизалгун. Гьел рачIун рукIана муфтияталде ва гьениб гьезие гьабуна экскурсияги. ГIолохъанал хIафизазе нухмалъи гьабулеб букIана муфтияталда цебе бугеб хIифз-централъул нухмалъулев Насрулла Абубакаровас. Гьениб гIолилаз...