Аслияб гьумералде

Даруяб чIахI

Даруяб чIахI

ГIабукI

 

Аслияб куцалда гIабукIалъул ватIан ккола Шималияб Азия ва Европа. Шималияб Америкаялда гьеб бижула гӀадатияб чIахI хӀисабалда.

 

Япониялда гьелда абула «гобо» абун ва гьеб гӀезабула овощ хӀисабалда.

Гьелъул кьалбал рукIуна сурмакьерал, тӀеренаб хъал тIад бугел. Гьелъул халалъи бахуна 60 сантиметралде.

ГIабкIил кьалбал, дару хӀиса-балда, хӀалтӀизабулеб букӀана Азиялда ва Европаялда (хадуб Шималияб Америкаялда) некӀо заманалдаса нахъе.

Япониялда цӀакъ гIемер хIалтIизарула гьелъул кьалбал ва гӀолохъанал тӀанхал. Гьел квание хIалтIизарула, цогидал овощал гӀадин, бежа-белъун.

ГӀадатияб Китаялъул медицинаялда аза-азар соназ хӀалтӀизабулеб букӀана гIабукI, аслияб къагӀидаялъ гьуърузул меридианал ва кванирукъ сах гьабизе, чорхол жанисеб цIа гIодобе биччазабизе ва тӀомол сахлъи цIунизе.

Европаялъул халкъияб медицинаялда гIабкIил хьоналъул гIен (настойка) хӀалтӀизабулеб букӀана квен бихIинабиялъе ва чехь лъамалъизабизе. Гьединго гӀемер хӀалтӀизабулеб букӀана ботIрол рас хIулиялдаса цIунизе.

Щиб батӀалъиха бугеб гIабкIил ва хIамагагаялъул (одуванчик) кьалбазда гьоркьоб?

Гьезул кьалбал лъикӀал руго чакрил унтиялъ ва тӀомол унтабаз унтарал гӀадамазе. Гьединго гьел ккола кIващ бачIинабиялъе кумек бугеблъун ва гьезда жаниб антиоксидантазул къадар цӀикӀкӀараб букӀуна.

ХIамагагаялъ кумек гьабула тIул бацӀцӀад гьабизе, рукьби цӀунизе, бидулъа токсинал рахъизе.

ГIабукI пайдаяб букӀуна рукьбузе, хасго артрозалъе. ХIамагага бечедаб букӀуна клетчаткаялдалъун, А, С ва К витаминаздалъун. Гьединго гIабукIалъулъ гӀемер букӀуна кванил клетчатка, В6 витамин, калий ва магний.

 

 

 

 

 

 

Сахлъиялъе пайда

Цо стакан цIураб (гӀага-шагарго 118 грамм) гIабкIил кьибилалъулъ букӀуна гӀага-шагарго: 85 калориялъул, 20,5 гр. углеводазул, 1,8 гр. белокалъул, 0,2 гр. беэнлъиялъул, 3,9 гр. пищевиял волокнабазул, 0,3 мг В6 витаминалъул, 0,3 мг марганецалъул, 44,8 мг магниялъул, 363 мг калийялъул, 27,1 мкг фолиевояб кислотаялъул, 3,5 мг С витаминалъул, 60,2 мг фосфоралъул, 48,4 мг кальциялъул, 0,9 мг железоялъул, 0,1 мг медалъул.

Гьеб ккола В6 витаминалъул ва марганецалъул микроэлементаздалъун бечедаб ицц гуребги, сахлъи щула гьабиялъул лъикӀаб кумекчиги.

Би бацӀцӀад гьабула.

Халкъияб медицинаялда гьарурал цӀех-рехаз бихьизабуна гIабкIил кьалбазда гъорлъ рукӀин бидулъа захӀматал металлал рахъизе, лугбузул ва тӀолабго чорхол хӀал лъикӀлъизабизе кӀолел сурсатал.

Гьединго гьелъ квербакъула тӀомолъе би бачӀине ва гьелъул сипат-сурат лъикӀлъизабула.

Чакаралъул унтиялдаса цӀунула.

ГIабкIил кьалбазда гъорлъ руго инулин абураб сурсат. Пребиотикияб клетчаткаялда гъорлъ билъине гьелъ кумек гьабула. Гьелъул хIасилалда бидулъ чакаралъул даража гӀодобе ккола.

Рак унтиялда дандечӀезе кумек гьабула.

Гьоркьохъел гӀасрабазда Европаялъул тохтурзабаз рак, тӀомол ва венерикиял унтаби, ургьисалабазул ва пунцIероялъул унтаби сах гьаризе хӀалтӀизабулеб букӀана гIабукI.

Жакъа чIахI-хералъул тохтурзабаз гьелъул кьалбал хӀалтӀизарула ракалъул клеткаби (метастазал) тӀиритӀичӀого рукӀине.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...