Аслияб гьумералде

Берцинаб калам

Берцинаб калам

Аллагьас Къуръаналда, суратул «Къафалъул» 18-абилеб аяталда, абулеб буго (магIна): «Цониги чи кIалъаларо лагъас бицанщинаб жидеца хъвалел Ракъиб ва ГIатид абун кIиго малаик аскIов вукIун гурони», - ян.

Имам Маликица «МуватIаъ» тIехьалда хъвалеб буго: «ГIиса авараг ва гьалмагъзаби унел рукIана пуланаб нухдасан ва гьезда бихьана болъон. Цинги ГIиса аварагас гьелда абуна мун дурго нухдасан а, дица дуе зарал гьабизе гьечIо», - ян. Гьалмагълъиялъ цIехана гьедин берцингойищ болъоналда кIалъазе кколевилан.

ГIиса аварагас гьезие жаваб гьабуна: «Дун хIинкъула дир мацI ругьунлъизе гурин квешаб ва сурукъаб каламалдалъун кIалъаялде», - ян.

ГIиса авараг вукIана сверухъ ругел гIадамазда адабал малъулевлъун ва гIадамазда рихараб, къабихIаб, сурукъаб каламалдаса гьел нахъчIвалевлъун. Гьанже пикру гьабе, аварагзабазул нухдасан нилъ унел ругищали, кинаб калам гьабулеб бугебали, нилъер бицунебги гьабулебги Алжаналъул агьлуялъул пиша бугищали?

ГIиса аварагас болъоналдацин абичIел рагIаби нилъеца бищун хира гьавун Аллагьас вижарав инсанасда абула цIакъ бигьаго. Умумузул аби буго, берцинаб рагIи - рекIелъе лъураб нух бугин абураб. Аллагьас нилъ ругьун гьареги берцинаб ва гьуинаб кIалъаялда.

МУХIАММАДХIАБИБ САГIИДОВ, КIУЯДА РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...