Аслияб гьумералде

Рокьаразе гурони кьолареб

Рокьаразе гурони кьолареб

Рокьаразе гурони кьолареб

 

Щибаб хIалалда цIализе нилъее азкарал рихьизарун руго. Гьелъие Аварагас ﷺ мисалги бихьизабуна.

 

Азкарал ккола нилъ цIунулеб жо. Мисалалъе, зикру ккола тIадегIанаб макъам. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Зобалалъул агьлуялда зикруялъул агьлуялъул рукъзал цIваби гIадин гвангъун рихьулила», - ин.

МугIаз ибну Жабалица абуна: «ГIазабалдаса бищун лъикI хвасар гьарулеб жо ккола Аллагь рехсей, ай зикру бачин», - ян.

ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абуна: «Ханасил васвасалдаса цIунаги» абураб аяталда жаниб бугеб шайтIан ккола жиб ракIалда чIараб. Аллагь рехседал гьеб нахъе уна, Аллагь рехсей тедал васвасал рехула», - ян.

ГIабдуллагь ибну МасгIудица абуна: «Аллагьас нужеда гьоркьор тIабигIатал рикьана, ризкъи бикьарабго гIадин. Аллагьас Жиндие рокьаразеги рокьичIезеги бечелъи кьола. Амма иман кьоларо Жиндие рокьаразе гурони. Цинги лагъ вокьидал Аллагьас гьесие иман кьола», - ян.

Факъигь Самаркъандияс абуна: «Щиб бугониги жо садакъаде кьезе бажарулев чияс абе «СубхIаналлагьи валхIамдулиллагьи валаилагьа иллаЛлагьу валлагьу акбар», - абун.

«Лаилагьа илла Ллагьа» абураб рагIи алжаналъул пихъ бугинги абуна.

Къуръаналда буго аят, капурзабаз абулин жал бусурбабилъун рукIараланиян. Щай гьез гьедин абулеб? Мужагьид абурав имамас абуна: «Гьезда рихьидал «Лаилагьа илла Ллагь» абурал гIадамал жужахIалдаса къватIире рачIунел, капурзабаз абулила жалги бусурбабилъун рукIаралани», - ян.

Абу Гьуда абурав шайихас абуна: «Аллагь рехсолев чи Аллагьасда мугъчIван хIинкъун вукIине ккола. Зикруялъул хIикмат ккола Аварагасда ﷺ нахъвилълъин», - абун.

Имам Ибрагьим НахагIияс абуна: «Рокъове лъугьунаго чияс салам кьуни, шайтIаналъ абула жиндие жакъа чIезе бакI гьечIин. Кваналаго Аллагь рехсани, шайтIаналъ абула чIезе бакIги квенги щвечIин. Лъим гьекъолаго Аллагьасул цIар бахъани, шайтIаналъ абула чIезе бакIги, квенги, лъимги щвечIин ва рокъоса къватIибе чIобого уна», - ян.

Факъигь Самаркъандияс абуна: «Аллагь рехсей ккола гIибадатазул бищун хирияб. Щайгурелъул ТIадегIанав Аллагьас цогидал гIибадатазе бихьизабуна заманги, бакIги, къадарги. Амма зикруялъе я къадар я заман бихьизабун гьечIо», - ян.

Малик ибну Динарица абуна: «Аллагьасул каламалдалъун ракIгъолеб гьечIони, чиясул гIумру гIадада хвана ва ракIги бецIлъана», - ян.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Я иман лъурал гIадамал! Нужеца Аллагь гIемер рехсе», - ян. Гьелъул магIнаги ккола, щиб хIалалда ругониги рехсейин абураб.

ГIалимзабаз абуна: «Гьаб дунялалда ТIадегIанав Аллагьасул алжан буго ва гьениве ккарав чи талихIавлъунги лъугьуна. Гьебги ккола Аллагь рехсолеб мажлис», - ян.

ГIумруялда жаниб инсан ункъо жоялда хурхуна: тIагIаталда, мунагь гьабиялда, нигIматалда ва къварилъиялда. ТIагIаталда ватани, Аллагь рехсезе ва къабул гьабеян гьаризе рекъола. Мунагьалда ватани, тавбу гьабизе ва тIаса лъугьаян гьаризе рекъола. НигIматазда ватани, щукру гьабизе рекъола. Къварилъиялда ватани, сабру гьабун Аллагь рехсезе рекъола.

 

Зикруялъулъ буго щуго пайда:

  1. Аллагьасул разилъи.
  2. ТIагIаталде хьул цIикIкIинаби.
  3. ШайтIаналдаса цIуни, Аллагь рехсолевлъун ватани.
  4. РакI тIерен гьаби.
  5. Мунагьаздаса рикIкIад гьави.

ГIалимзабаз абуна: «МацIалъул берцинлъи ккола зикру, ай Аллагь рехсей ва ракIалъул берцинлъи ккола щукру гьаби», - ян.

Аллагьги рехсолаго вегани ва кьижун ккани, макьидаса ворчIизегIан ТIадегIанав Аллагь рехсолевлъун вукIуна.

Факъигь Самаркъандияс абуна, зикру кколин Аллагьасул рахъалдасан бугеб тIаса лъугьин ва мунагь чури.

 

Шамил МухIаммадов

 

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...