Аслияб гьумералде

«Магьдина» цiалиялъул кiвар гьабунгутiи

«Магьдина» цiалиялъул кiвар гьабунгутiи

Какил суннатал жал гьаричIониги гIолин ккола цоцоязда ракIалде. Суннат буго как мухIкан ва берцин гьабулеб жо. Суннаталда тIадчIарав вачуна парз рехунгIутIиялде. ГIадатиял гIадамал рихьула «Магьдина» цIалиялде кIвар гьабуларелги.

ЖамагIаталда «Магьдина» цIалулаго имамас дугIа жиндаго хас гьабиларо, киназего щолеб къагIидаялъ гьабила. Гьеб кин букIунебали мухIкан гьабизе ккола мугIалимасухъ яги лъалезда гьикъун.

Цинги «Фа иннака такзи» абураб бакIалде щвезегIан имамас «Магьдина» цIалулаго хадув вугес «амин» абила, гьенибе щвезегIан цIалулеб жо дугIа кколелъул. Гьелдаса хадуб ахиралде щвезегIан имамас цIалухъе цIалила хадув вугесги, Аллагьасе рецц гьаби кколелъул гьеб.

Имамас «Магьдина» кидаго цогидазда рагIизабун цIалула, гьесда хадуб «амин» абулез «аминги» тIатун абула. Имамас ахиралде щвезегIан «Магьдина» тIатун цIалула, хадуб как балез «иннака такъзиялдаса» хадуб гьесда цадахъ балъго цIалула.

Имамасул «Магьдина» рагIулеб гьечIони, хадуб как балес авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан «Магьдина» жинцаго цIалила. «Астагъфирука ва атубу илайкаялъул» бакIалда имамас «настагъфирука ва натубу илайка» абила.

Жинцаго как балев чиясе, халат гьабиялда разилъулел цого чагIазул имамасеги гьаб хадуб рехсараб дугIа цIализеги лъикIаб буго:

«Аллагьумма инна настагIинука ва настагьфирука ва настагьдика ва нуъмину бика ва натаваккалу гIалайка ва нусни гIалайкал хайра куллагьу, нашкурука ва ла накфурука ва нахлагIу ва натруку манн яфжурука. Аллагьумма иййака нагIбуду ва лака нусалли ва насжуду ва илайка насгIа ва нахIфаду, ва нахша гIазабака Инна гIазабака жидда биль куффари мульхIикъун. Аллагьумма гIаззибил кафарата вальмуш-рикина агIдаака агIдаа ддин. Аллазина ясуддуна гIан сабилика, ва юказзибуна русулака ва юкъатилуна авлияака. Аллагьуммагъфир лилмуъминина валмуъминати, валмуслимина, валмуслимати ал ахIяи мингьум вал амвати. Аллагьумма аслихI зата байнигьим ва аллиф байна къулубигьим важгIал фи къулубигьимул имана вал хIикмат ва саббитгьум гIала миллати расулика ва авзигIгьум ан юфу бигIагьдика аллази гIагьадтагьум гIалайгьи, вансургьум гIала гIадуввика ва гIадуввигьим илагьал хIакъкъи важгIална мингьум».

Гьаб ккола ГIумар асхIабасул «Магьдина». Гьабги цIализе хирияб буго. Цоялда къокълъизе бокьани, цебесеб цIалун тела. Щайгурелъул аварагас цIалараб цебе гьабулелъулха, шаргIиял къануназда бан.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...