Аслияб гьумералде

Бищун бацIцIадаб магIишат

Бищун бацIцIадаб магIишат

(Байбихьи цебесеб номералда)

 

Даран-базар гьабулесул тIабигIатал

 

Даран-базар гьабулев чиясулъ хадур рехсарал тIабигIатал гьечIони, гьев дунялалдаги ахираталдаги талихIкъарав вукIуна.

 

1) Лъабго жоялдаса бацIцIадаб мацI:

- Гьереси бицин.

- Аллагьасул цIаралдалъун гьеди. МацI гьедариялда ругьун гьаби какараб буго. Хасго дармилъ машгьураб жо буго щибаб рагIиялда хадуб Аллагьасул цIаралдалъун гьеди.

- Пайда гьечIеб хабар бицин.

2) Лъабго жоялдаса бацIцIадаб ракI:

- Гуккун, махсароде ккун даран гьабизе тIами.

- Дармилъ хиянат гьаби.

 - Цогидасдехун ракI хъублъи гьабун, боцIи-мал данде гьаби.

3) Лъабго гIамал цIунулеб черх:

- Рузман ва как гьоркьоб биччангутIи, жамагIаталде хьвадизе хIаракат бахъи.

- Жив машгъуллъун вугеб даран-базаралъул гIелмиял ахIкамал лъазари.

 - Аллагь разилъи тIаса бищун бацIцIадго даран гьаби.

Гьелъие гIоло букIана жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас абулеб: «Диналда жаниб фикъгьи лъаларев чияс, гьал базаразда даран-базар гьабуге», - ян.

Гьединго ГIали-асхIабас абулаан: «Даран-базар гьабулев чи факъигьлъун гьечIони, гьев рибаялъулъ гъанкъула», - ян.

 

 

 

АсхIабзабазда хадур рукIарал табигIиназ дармихъабазул хIакъалъулъ абулаан: «Балагь буго дунялалъул дагьал мугьазухъ алжан хисаразе, балагь буго пайда гьечIеб рекIкIалдалъун жужахI босаразе», - ян.

 

 

 

Дармилъ рекIкI гьаби

Дармилъ гуккиялъул мунагьалъул кIодолъи бичIчIизе нилъее гIела, Аллагьас Къуръаналда абураб: «Дармилъ рекIкI гьабулезе жужахIалъул цIа буго», - ян.

Гьеб аят рещтIиналъе сабаблъун ккана, Мадинаялда вичарулев вукIарав гьересияв даранчи. Гьесул букIана кIиго батIияб къали: цо гьитIинаб ва цо кIудияб. ГIадамазухъа бичун босулеб мехалъ гьес кIудияб къали хIалтIизабулаан, гIадамазе бичулеб мехалъ гьитIиналъ борцун кьолаан.

Ибну ГIаббасица бицараб хIадисалда хирияв аварагас ﷺ абуна: «Щуго жоялъухъ щуго жо буго», - ян. Гьелъул магIна щибилан асхIабзабаз гьикъидал, аварагас ﷺ абуна: «ГIадамаз къотIи хвезабула, Аллагьас гьезде тIаде тушбаби тIамула. ГIадамаз шаргIалда гьечIеб хIукму къотIула, Аллагьас гьезде тIаде мискинлъи биччала. ГIадамазда гьоркьоб зина гIемерлъани, гьезда гьоркьоб хвел, гьалаглъи гIемерлъула. Дармихъабазул рекIкI гIемерлъани, Аллагьас гьезде тIаде гьурал, хур-ахалдаса баракат бахъи биччала. ГIадамаз закагIат бахъи нахъбахъун, тIаса-масаго тани, БетIергьанас гьезде бакъ бухIи, магIишаталдаса баракат бахъи биччала», - ян.

Малик ибну Динарица бицана: «Дир вукIана кидаго дармида вукIарав мадугьал. Гьев холев вугинги рагIун, дун гьесухъе векерана. РухI бахъулев вугев гьев ахIдолев вукIана: «ЦIадул мугIрул, цIадул мугIрул», - ан. Дуца бицунеб щибин гьикъидал, гьес абуна: «Дир букIана кIиго батIияб роцен, цояб диего борцун босулеб, цогидаб гIадамазе борцун кьолеб. Гьеб кIиябго цIадул мугIруллъун лъугьун цоцалъ кьабулел руго. Гьел цоцалъ кьабунщинахъе, дида хIехьезе кIолареб унтиги речIчIулеб буго», - ян.

Аллагьас киназего тавпикъ кьеги хиянат-рекIкIалдаса ракIги мацIги цIунун, Аллагь разияб къагIидаялъ хIалалаб даран-базар гьабизе!

 

 

АхIмад МухIумаев, Хунзахъ районалъул имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...