Аслияб гьумералде

Дажалил питнаялдасаги кIудияб

Дажалил питнаялдасаги кIудияб

Дажалил питнаялдасаги кIудияб

Бусурбанчиясул гIибадаталъулъ ихлас ккола бищун кIвар бугеблъун. Нияталъулъ ва гIибадаталъулъ рацIцIалъи, мунапикълъи ва нахъегIанлъи гьечIолъи щивав бусурбанчияс тIалаб гьабизе кколеб жо буго. Ихлас гьечIого Аллагьасе ﷻ гIоло гуреб гьабураб гIибадат мукъсанаблъун букIуна. Щайин абуни, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ халгьабула инсанасул рекIел бацIцалъиялъухъ. ХIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагь ﷻ балагьуларо нужер черхалъухъги боцIиялъухъги. Гьев балагьула нужер ракIазухъ ва гIамалазухъ», - ян (имам Муслим).

 

КигIан мухIканаб ва берцинаб гIамал инсанасул бугониги, ай Аллагьасе гIоло гуреб, рияъ жиндилъ бугеб, гьелъул щибго пайда гьечIо. Гьеб Къиямасеб къоялъ балагьалъеги батула.

Рихьдае гьабураб гIамалалъ инсан пайдаялдаса махIрум гьавула. Щайин абуни, гьес гIамал гьабун букIиналъ жиндаго релълъарал махлукъатазе.

Рияъ ккола рихьдае гьабулеб гIамал. Аллагьасул Расулас ﷺ гьеб гIамал бахчараб ширк бугинги абуна ва бусурбаби гьелдаса цIунана. Гьеб ккола нилъеда жаниб бугеб рекIел унти. Гьединал унтаби нилъеда лъачIого гIемер ратизеги бегьула. Инсанас хIаракат бахъизе ккола гьел унтаби сах гьаризе. Щайин абуни, Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лъазабун буго Къиямасеб къоялъ Жинца ракI бацIцIадав чи гурони къабул гьавизе гьечIилан. Гьелъул пикру гьабизе ккела. Аллагьас ﷻ нилъ гьареги рацIцIадаллъун.

Абу СагIидил Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ нижехъе Аллагьасул ﷻ расул вачIана нижеца дажалил бицунеб мехалда ва абуна: «Бицинищ нужее бищун дун хIинкъун вугеб жо?» - ян. Нижеца абуна бицеян. Аварагас ﷺ абуна: «Балъгояб ширк: инсан как базе вахъуна ва берцинго бала жиндихъ цо щив вугониги балагьун вихьидал», - ян (ибну Мажагь, 4204).

Дажал вачIин ккола Къиямасеб къоялъул аслияб гIаламатазул цояб ва гьеб ккола гIадамазул бищун кIудияб хIалбихьи. Гьесул хIалбихьиялда данде чIезе кIоларо хIакъикъиял бусурбабазда гурони.

Аварагас ﷺ бицана дажал вачIунеблъи ва цIунана уммат гьесул питнаялдаса. Аварагас ﷺ жиндирго дугIабазулъ ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гIемер гьарулеб букIана гьесдаса цIунеян. Цоги, Аварагас ﷺ абулаан гьесдасаги дун хIинкъулеб жо рияъ бугин абун.

Инсанас гIибадат гьабизе ккола ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ. Амма гIибадат гьабуни Аллагьасе ﷻ гIололъун ва гIадамазги веццани, къварилъи гьечIо. Щайин абуни, гьес гьеб гIамал Аллагьасе ﷻ гIоло гьабун букIиналъ ва вецци тIалаб гьабунгутIиялъ. Гьелдаго цадахъ инсанасе рецц-бакъ бокьизеги бегьуларо.

Абу Заррица бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ Аварагасда ﷺ гьикъула щибин дуца абулеб инсанасул хIакъалъулъ, жинца лъикIаб гIамалги гьабурав ва гьелъухъги веццарав». Аварагас ﷺ абула: «Гьеб буго хехаб рохел, бусурбанчиясе гьаб дунялалдаго щолеб», - ян (имам АхIмад, имам Муслим 2642).

Имам Нававияс гьеб хIадис баян гьабун абуна: «Гьелъул магIна ккола дунялалдаго бугеб рохеллъун ва гIаламатлъун Аллагь ﷻ гьесдаса рази вукIиналда ва гIадамазе гьев вокьизави. Гьеб щола гIадамаз вецци гьесие бокьун батичIони. Амма рецц-бакъ тIалаб гьабуни, гьеб какун буго», - ян.

Бищун къваригIараб жо буго гьабураб гIамал гIадада ккечIого букIин ва щибаб жоялъухъ Аллагьасул ﷻ разилъи щвей. Аллагьасул ﷻ разилъи щвеялде къасд гьечIони, кинабго гIамал бухIула.

 

Шамил МухIаммадов

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъ байбихьун буго Маккаялда къварилъиялда ругел гӀадамазе садакъаде бикьизе къурбан хъвезе бокьаразул гӀарзаби къабул гьаризе. Фондалъ тӀубазабизе бугин тӀолабго иш: къурбаналъе хъвезе хӀайван боси, шаргӀалъул къануназда рекъон гӀид тӀубай ва Маккаялда къварилъиялда ругезе...


Дилималда тӀобитӀана данделъи

Казбек районалъул Дилим росулъ тӀобитӀана районалъул диниял вакилзабазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» газеталъул, лъай кьеялъул управлениялъул, «Инсан» фондалъул, районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул хIаракатчагIазги. Тадбир рагьана хирияб Къуръан...


Ахирисел хириял къоял

ТIаде щолеб бугеб иргадулаб моцI ккола ЗулхIижа. Гьеб ккола исламалда жаниб Ражабгун, ЗулкъагIидагун ва МухIаррамгун цадахъ, ункъабго хирияб моцIалъул, цояб. Гьел моцIазда жаниб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарам гьабуна рагъ-кьал, тунка-гIусиял, би тIей.   Гьеб моцIалъул тIоцебесеб анцIго...