Аслияб гьумералде

РухIазул квен

РухIазул квен

Халикъас нилъее кинабго жо бижидал цадахъ бижана гIадамаздехун ва Жиндехунго гьаризе кколел адабал. Гьезул дагьабго бутIа рехселин. ТIадегIанав Аллагь рехсей ккола рухIазул квен, Аллагьасде лагъ гIагар гьавулеб хирияб тIагIат.

ТIадегIанав Аллагь лагъас рехсолелъул, Аллагьас лагъги рехсола. Лагъас Аллагь рехсолаго, Аллагь лагъасда аскIов вукIуна. Аллагь рехсолев лагъ вугебгIан заманалда гьесде Аллагьасул рахIматалги нигIматалги рещтIуна, Аллагьас гьев кинабго квешлъиялдаса цIунула.

ТIадегIанав Аллагь рехсолаго мацI бакъвазе тунгутIи - гьеб ккола Аллагьасе бищун рокьулел гIамалазул цояб. ГIадамаз гьадав чи гIантлъун вугилан абизегIан Аллагь рехсейилан буго. Бищун къварилъи-захIмалъи цIикIкIараб бакIалдаги Аллагь рехсеян буго. Дуе квешлъиялъе цо инсан ургъулев вугони, гьесие квешлъиялъе ургъичIого, мун Аллагь рехсеялде вуссани, Аллагьас дуе гIей гьабилилан буго, ай мун гьесдаса цIунула.

Хирияб Къуръаналъ реццун руго кидаго Аллагь рехсолел гIадамал. ГIодов чIараб бакIалда Аллагь рехсечIого тIаде вахъани, гьеб пашманлъиялъе бугилан хIадис буго.

Цо бакIалда Аллагь рехсани, гьеб цогидал бакIаздаса чIухIилилан хIадис буго. Аллагь рехсечIого дунялалда гIадада биччараб лахIзаталдаса алжаналъув вугонигицин ракI бухIилилан буго. Аллагь рехсей, как бай, закат кьей, кIал кквей - гъазават гьабиялдасацин хирияб бугилан хIадис буго.

Гъазаваталде инеги хIинкъарав, боцIи садакъаде кьезеги барахщарав, сардилъ тIаде вахъун гIибадат гьабизе яхIги гIоларев чияс Аллагь гIемер рехсейилан хIадис буго. Аллагь рехсолаго какичуриялда вукIун, къиблаялдехун вуссун, гIадамал гьечIеб бакIалда, ракIги Аллагьасда хурхинабун вукIин хирияб буго. Гьедин бажаричIони, бажарухъе рехсезеги бегьула Аллагь.

Какичури гьечIониги рехсезе бегьула. ХIажатхана гIадал чорокал бакIазда Аллагь кIалалъ рагIун рехсечIого, ракIалъ рехсезе ккола. Гъапулал чагIазда гьоркьор Аллагь рехсолев чиясул мисал, турараб харида гьоркьоб гIурччинхарил гIадаб, хваразда гьоркьов чIагояв чиясул гIадаб, бодулъа тIурулезда гьоркьоб гъазаваталда вагъулев чиясул гIадаб мисал буго.

Халикъ рехсей ккола аварагзабаз, вализабаз, шайихзабаз бищун гIемер гьабулеб гIамал. Гьев рехсей ккола шайтIаналде данде вагъулев муъминчиясул хвалчен. Аллагь рехсолеб мажлис ккола алжаналъул ахазул ах, Аллагь рехсолеб мажлис Аллагьасул рахIматалъулъ тIерхьун, гьеб малаикзабаз сверун ккола, Аллагьас гьенир ругезе алжан насиб гьабула, гьел жужахIалдаса цIунула.

Какичури гьечIониги рехсезе бегьула

Кинаб тайпаялдалъун рехсаниги бегьула Аллагь рехсезе. Аллагь рехсей абураб жоялде гьоркьобе уна зикру бачин, Аварагасде свалат битIи, Къуръан цIали, дугIа гьаби, какал рай, гIелму цIали.

Аллагь рехсей - валилъиялъул гIаламат ккола. МагIна бичIчIичIого, ракI гъапулго рехсанигицин Аллагь рехсеялъул баракат камуларо, пайда цIикIкIун щола.

Шамил Мух|аммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...