Аслияб гьумералде

Сахлъиялъе пайда

Сахлъиялъе пайда

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда цониги гIибадат тIадкъан гьечIо гьелъулъ пайда букIун гурого. Гьединго нилъ цониги жоялдаса нахъчIванги цониги жо теян амруги гьабун гьечIо гьелдалъун нилъ заралалдаса цIунун гурого.

 

Нилъеда лъаниги-лъачIониги, шаргIалда бугебщиналъулъ нилъее буго дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда. Гьединалдасан ккола исламалъул рукнабазул цояблъун жиб бугеб кIал кквеялдалъун нилъее щолеб пайдаги.

Нилъер черхалъул цониги лага гьечIо кIал кквеялдалъун жиндие пайда щолареб. Гьелъул хIакъалъулъ хъван буго гIемерал тIахьаздаги. Гьаб заманалда тохтурзабаз бицунебги буго кIал кквеялдалъун инсанасул черхалъе пайда бугин абун. Гьелда рекъон чанги улкабазда руго кIал кквеялдалъун гIадамазе дару гьабулел клиникабиги.

КIал кквеялъ асар гьабула инсанасул тIолабго черхалъе: нервабазул гIуцIиялъе, ракIалъе, бидуе, кванирукъалъе, тIулае, ургьисалабазе, гьуърузе.

Инсан гIорцIизегIан кванайдал, гьесул рекIеде тIадецуй лъабго-ункъо нухалъ цIикIкIуна. Кванан дагьаб заман индал, инсанасул черх свакала ва гIадалнахулъе бачIунеб би дагьлъула. Гьелдалъун нервабазул гIуцIиялъе ккола захIмалъи. Гьелдаса цIунун хутIула кIал ккурав чи. Нервабазул гIуцIиялъ рахIат гьаби кколеб буго гIемерал унтабазе дарулъун. КIал ккурав чиясул кванирукъ, бищун дагь, ункъо сагIаталъ рахIаталда хутIула. Гьелдалъун гьелъие рес щола бацIцIалъизе ва жиндирго хIалтIи рукIалиде бачине.

КIал кквеялдалъун бищун кIудияб пайда щола тIулалъе. Инсанасул тIулалъул буго 500 батIияб хIалтIулеб къагIида. Киналго химикиял процессал лъугьунел руго тIулада жанир. Цогидал лугбузде дандеккун тIулал унти къанагIат букIуна. Амма тIадецуй цIикIкIанагIан тIул квеш хIалтIизе лъугьуна ва чи унтизе рес цIикIкIуна. Гьанжесеб медицинаялъ гIемерисел унтабазе сабаблъун рикIкIуна тIуладе хIалккей. КIал ккурав чиясулин абуни, къойида жаниб ункъо-щуго сагIаталъ тIулае рахIат щола. Гьелдалъун гьесул имуннияб ва квен биинабулеб гIуцIи сах-саламатго хутIула.

КIал ккурав чиясул ургьисалабазеги щола рахIат. Гьелдалъун гьел лъикI хIалтIула. Гьеб гуребги, кIал кквеялдалъун лъикIаб асар гьабула чорхолъ би свериялъеги. КIал ккурав чиясул бидулъ холестерин дагьлъула. Гьединлъидал, кIал ккурав чи цIунун хутIула артеросклерозалдаса.

Гьелдаго цадахъ кIал кквеялдалъун инсанасул пагьму ва пикру гьаби лъикIлъула. ГIадалнахуде хIал ккей цIикIкIараб букIиналъ, гьитIинаб бугониги гьеб хIажалъулеб буго цIикIкIун би бачIиналде. Инсанасул бидул ункъил бутIа ккола гIадалнахуде.

Инсан кванайдал, гIадалнахулъа би уна кванирокъобе. Гьеб сабаблъун гIадалнахул ва тIубанго черхалъул хIалтIи дагьлъула. ГIемер кванайдал инсан квахIаллъула. Гьединлъидал, гIадалнахулъе би цIикIкIун бачIарабгIан гьелъул хIалтIиги лъикIлъула. КIал ккведал, гIадалнахулъе би цIикIкIун бачIуна.

 

 

БАЯН

 

КIал кколел, как балел гIадамазул херлъидалги гIакълу мадаралда хутIула ва гьезул психикиял унтаби къанагIатги рукIунаро. Цо-цояз абула пуланав чи кIал ккун, вакъун хванин абун. Гьеб гьереси буго.

 

Инсанасул щибаб клеткаялда жаниб буго пайдаял нигIматазул нахърател. КIал ккведал, чи ругьунлъула гьеб нахърател хIалтIизабизе. Гьедин ругьунлъарав чиясда, киве кканиги, кIола гIемераб заманаялъ ракъи кквезе.

КIал кколарев, гIемер кваналев чи релълъун вукIуна хъалиян тезе кIоларесда. Квен тедал гьесие гIакъуба кьолеб жо ракъи гуро, гIемер кванаялде ругьунлъун вукIин буго.

ГIемер кванаялъ гIакълуги мукъсан гьабула.

КIал ккун рукIаго экзаменал кьолел цIалдохъабазухъ халгьабидал, бихьана гьезда ракIалда жо чIей лъикIлъулеб ва захIматал масъалаби гьаризе бажарулеб букIин.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...