Аслияб гьумералде

Диналъулъ мухIканлъи

Диналъулъ мухIканлъи

Диналъулъ мухIканлъи

ВарагI абураб гIараб мацIалъул рагIи гIеме-рисезда рагIун батаниги, цо-цоязда гьелъул магIна бичIчIичIого хутIун батула. ВарагI ккола диналда жаниб мухIканлъи гьаби ва Аллагьасдаса нечей ва хIинкъи. Гьединав чияс щибаб жоялъулъ мухIканлъи гьабула, щвараб, тараб цебеса кваналаро ва босуларо. ВарагI цIунизе ккани кIудияб сабруги бахIарчилъиги къваригIуна.

 

Абубакар-асхIабас абун буго жидер заманалда 70 хIалалалъул нуцIа къалеб букIанин хIарамаб жоялъулъе ккеялдаса хIинкъун. Балагьеха, диналъул вацал ва яцал, цере рукIарал салафу-салихIуназ диналда тIадчIей гьабулеб букIараб куцалъухъ? Щаклъи бугеб хIалалаб жоцин толеб букIана Аллагьасе ﷻ хилиплъиялдаса хIинкъун. Нилъеца абуни, хIарамаб букIиналда щаклъи кканиги, толаро. Нилъее гьел мисаллъун рукIине ккола. Аварагас ﷺ абун бугелъул гьел цIваби кколин ва лъида хадур рилълъаниги нилъ ритIунги кколин абун.

КIудияв вали Ибрагьим ибну Адгьамица абуна: «ВарагI ккола щаклъи бугебщинаб жо тей», - ян.

Гьединго Юнус ибну ГIубайдица абуна: «ВарагI ккола щаклъи бугелдаса рикIкIалъи ва щибаб лахIзаталъ нафсалда хадуб халкквей», - ян.

Нилъеца нафсалда хадуб халкквечIони, гьеб дагь-дагьккун биччан тун уна. Хадуб гьелъ квешалде амру гьабизе байбихьула. Щайин абуни, тIабигIатго гьединаб бугелъул нафсалъул.

Амма нилъеца нафс квегъани, гьеб лъикIалде амру гьабулеблъун лъугьуна. Гьединаб даража щоларо нилъеца тIад хIалтIи гьабичIони. 

ХIисаб гьабе, квешалде амру гьабулеб букIараб нафс кIола лъикIалде амру гьабулеблъун лъугьинабизе. Гьедин букIинчIебани, ай гIадан хисулев вукIинчIевани, хириял тIахьалги (Къуръан, Таврат, Инжил) аварагзабиги ритIиялъулъ магIна букIинчIо.

Аварагзаби ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щайха ритIарал? РитIана гIадамал хисизаризелъун, ай квешаб гьезда тезабизе ва лъикIаб рахъалде руссинаризе.

Балагье, квешал гIадатазул цIун букIараб гIарабазул ракь Аварагас ﷺ кин хисизабурабали. Цо-цояз абула пуланав чи киданиги хисуларин абун. Хисулев вукIинчIевани Аллагьас ﷻ Къуръанги Аварагги ﷺ ритIилароан. Гьединлъидал бокьараб заманалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIадан хисизавула. Гьеб къуват цохIо БетIергьанасухъ буго. ХIатта Къуръанцин БетIергьанас цадахъ рещтIинабичIо, дагь-дагьккун, 23 соналда жаниб рещтIана. Гьелъулъ щиб хIикматха бугеб? БетIергьанас гьабулебщинаб хIикмат ккола. 23 соналъ Къуръан дагь-дагьккун рещтIана гIадамал хисизе бигьалъи букIинелъун. Цадахъго рещтIун букIарабани, гьеб захIмалъизе букIана, гьелъул асарги ккезе букIинчIо. Гьединго гьеб ракIалда чIезабизе, гьелъул пикру гьабизе захIмалъизе букIана. 23 соналъ Къуръанги рещтIун, хисизаруна гIадамал. Гьелъул магIнаги ккола, инсан хисизе ккани, заман къваригIунин абураб.

Абу Сулайман Даранияс абуна, варагI - зугьдалъун авал бугин. Зугьд абураб жоялъул магIнаги кколаро, нохъодеги ун, кинабго жо рехун теялда. Зугьд ккола рекIелъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ гурони вукIунгутIи. Зугьдалъул хIакъикъат гьеб ккола, ай гIадамалгун мун жуван вугониги, дур рекIелъ гьел рукIунаро, Аллагь ﷻ гурони. Гьелъул магIнаги ккола, гIадамазда гьоркьов вугониги, зугьд гьабизе кIолин абураб.

ХIасанул Басрияс абуна: «КигIан гьитIинабниги варагI гьаби лъикIаб буго азар-азар как баялдаса ва кIал кквеялдаса», - ян.

Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула какалдаса хирияб жо щиб бугебин абураб. ВарагI ккола диналъулъ мухIканлъи гьаби. Гьелда жаниб мухIканлъи гьечIони, хIарамлъиялде мунги ккани, какил иш кинха букIинеб? ХIарамаб жо гьабулесда какилъ мухIканлъи гьабизе кIолищ? Гьелъин абун бугеб ХIасанул Басрияс, гьитIинаб варагI гьаби лъикIаб бугин абун. Щайгурелъул гьелъ дур какил хIузур цIунизе буго.

Цо нухалъ Сагьлу ибну ГIабдуллагьида гьикъула бацIцIадаб, хIалалаб жо щиб кколебилан абун. Гьес абула, хIалалаб жо кколин ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIасилъи жиндилъ гьечIеб. Амма бацIцIадаб, хIалалаб жо кколин жиндилъ Аллагь ﷻ кIочон толареб жолъун.

ЯхIъя ибну МугIазица абуна: «ВарагI ккола щаклъи бугебщиналдаса рикIкIалъи. Кколарел магIнаби гьаричIого, гIелмуялда рекъон, Аллагьасул ﷻ гIурхъаби цIуни», - ян. 

Абу ГIусман Адамияс Ибрагьим Хавасида гьикъула варагIалъул хIакъалъулъ. Ибрагьим Хавасица абула, хIакъаб жоялдалъун гурони кIалъачIого чIей кколин абун. 

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги диналъулъ мухIканлъи гьабизе ва варагI цIунизе.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...