Аслияб гьумералде

Хвезе бокьила…

Хвезе бокьила…

Хвезе бокьила…

Гьабураб къотIи ва кьураб рагIи тIубай буго лъикIал пишабаздасан. ШаригIаталъ нилъ ахIула ккураб рагIи ва къотIи тIубазабиялде. РагIи кколарев чи гIадамаз рикIкIунаро, гьесда божуларо ва рикIкIадги гьавула. Нилъее бокьуларищ кьураб къотIи ва аманат тIубалеб бугони. Гьединго щивав чияс кьураб рагIи ва къотIи тIубазе ккола.

 

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дуего бокьулеб жо цогидазе гьабе ва дуего бокьулареб цогидазеги гьабуге», - ян (Бухари ва Муслим).

Гукки ва хиянат гьаби бусурбанчиясулъ букIунеб жо гуро. Къуръаналъул аятазда ва Аварагасул ﷺ хIадисазда буго кьураб къотIи тIубаян. Кьураб къотIи хвезаби ккола мунапикълъиялъул гIаламатаздасан. Машгьураб хIадисалда гьечIищ мунапикъасул лъабго гIаламат бугилан: «КIалъалеб мехалъ гьереси бицуна, къотIи гьабидал - хвезабула ва гьесда божун цо жо тараб мехалда хиянат гьабула», - ян. Масала Аллагьасул ﷻ цIар бахъун гьедани ва хиянатги гьабуни, гьев чияс кIудияб мунагь гьабуна. Щайин абуни, жиндаго божизарулел руго Аллагьасул ﷻ цIарги бахъун ва хадуб хиянат гьабулеб буго. 

Аварагасул ﷺ къотIи ва аманат тIубаялъул гьаб мисал нилъее гIеларищ. Гьижра гьабулеб мехалъ Аварагас ﷺ ГIали-асхIаб жиндирго бакIалда вегизе тола. Жив чIвазе вукIин лъаниги ГIали-асхIаб Аварагасул ﷺ бакIалде вегизе ана. Щайгурелъул, ГIали-асхIабасул Аварагасде ﷺ кутакаб рокьи букIиналъ. Аварагас ﷺ гьесда абун букIана жиндихъ цIунизе тарал жал нахъруссинареян. Балагье, Аварагас ﷺ кьураб къотIи ва аманат кин тIубалеб букIарабали.

Аварагасул ﷺ цIар машгьурлъун букIана Амин абун, ай божи бугев. Гьесул бакIалда нилъ рукIаралани щиб гьабизе букIараб, хасго тушман вугони? Аллагьас ﷻ нилъее тавпикъ кьеги Аварагасдаса ﷺ мисал босизе ва нахърилълъине.

 

 

Хiадис

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ Дун лъабго чиясда данде чIола: дир цIаралдалъун гьедарав чиясда ва хадуб хиянат гьабурасда, узденав чи лагълъиялде вичарав чи ва гьесул гIарац кванарасда ва инсанасе хIалтIухъ кколеб гIарац кьечIого тарасда», - ян (имам АхIмад, имам Бухари).

 

 

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Бищун квешаллъун ккола кIиго гьумер бугел чагIи», - ян (Бухари). Жеги нилъер бугеб гIунгутIи ккола цоцалъ къацандидал гIунгIутIаби рехсей. ЦIакъ нахъегIанаб пиша буго гьеб. Нуж гьелдаса цIуне.

ГIали Ибну Абу ТIалибица абуна: «ГIадамазда гьоркьоб лъабго пиша бугев чиясе лъабго жо щола: гьезие битIараб хабар бицунев чи, божилъи гьабураб мехалъ хиянат гьабуларев чи ва къотIи кьураб мехалъ тIубазабуларев чи. Гьединав чиясдехун гIадамазул ракIал цIала, гьез веццула ва гьезул кумекги щола», - ян. 

МухIканго халгьабе ибну МасгIудил рагIабазухъ. КъотIи гьабураб мехалъ тIоцебе «иншааЛлагь» абизе ккола, ай Аллагьасе ﷻ бокьаниян. Гьелдаса хадуб щулияб къасд гьабила кьураб къотIи тIубазабизе. КъотIи кьолеб мехалъ инсанасул щулияб къасд гьечIони, мунапикълъи ккола.

Цо гIалимчияс абуна: «Лъабго чи лъаларо лъабго бакIалда гурони: бихьинчи лъаларо дандчIвараб мехалъ гурони, аманат тIубалев чи лъаларо босулеб ва кьолеб мехалъ гурони, вацал лъаларо захIматаб къо тIаде щведал гурони. Гьелги гьаб заманалда цIакъ дагь гурони гьечIо», - ян.

Имам МухIаммад Магьдияс абуна: «КъотIи тIубазаби иманалдаса ккола ва гьелъ чилъи бихьизабула», - ян. ЗагIипаб иман бугев чияс къотIи хвезабула. 

ГIалимзабаз абуна къотIи тIубай кколин беццарал пишабаздасан ва тIабигIатаздасан. Беццарал пишаби жиндилъ ругев чи гIадамазул берзукь кIодолъула. Лъабго жоялъ чи тIадегIан гьавула: къотIи тIубаялъ, нафс цIуниялъ ва ихласалъ.

Нагагьлъун къотIи тIубазабичIони, бугеб гIузру бицине ккола. Щайгурелъул, гIалимзабаз абула берцинаб гIузру рехсей лъикIаб бугин халаткун цIа-цIаялдаса.

ГIакъилзабаз абула гьересиялда хIинкъулев чияс къотIаби дагь гьарулин. Жеги абуна, гьереси бициналдаса хвасарлъуларо кIиго жо гьабулев чи: къотIи-къай гIемер гьабулев чи ва гIемер гIузру бачунев. 

МухIаммад Абул-Гьуда Сияд РифагIияс абуна: «Аллагьасул ﷻ къотIи тIубай ккола Гьес чIезарурал гIорхъаби цIуни ва динги гьелъул ишалги кIодо гьари. Аварагасда хурхараб щибаб жо кIодо гьабе, Гьесул суннат кквей, Гьесул тIабигIатал росизе хIаракат бахъе, жиндирго нафс, боцIи, мацI шаригIаталъул ахIкамал рилълъанхъизаризе кумек-квербакъи гьабе. ГIенекке Аксам ибну Сайфияс абураб рагIиялъухъ: «Къечон хвезе бокьила дие кьураб рагIи хвезабизегIан», - абураб.

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...