Аслияб гьумералде

Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи

Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи

Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи

Къуръаналда аят буго: «Нуж Аллагьасдаса хIинкъа кколеб хIинкъиялъ», - ян абураб. Ибну Абу ХIатимица ГIабдуллагь Ибну МасгIуд абурав асхIабасул тафсир бицана: «Кколеб къагIидаялъ ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялъул магIна ккола Гьесие мутIигIлъи, щибниги гIасилъи, мунагь-хатIаъ гьабунгутIи, Гьев рехсезе, Гьесие щукру гьабизе кIочонгутIи ва ширкги гьабунгутIи», - ян.

 

Анас ибну Малик абурав асхIабас абуна, Аллагьасдаса ﷻ кколеб къагIидаялъ хIинкъизе бажаруларин инсанас жиндирго мацI цIунулеб гьечIониян абун.

Абубакар-асхIабас мацIги ккун абулеб букIун буго гьаб бугин нилъ гIакъубаялде рачунеб жойилан абун.

Нилъерго хIисаб гьабе, чан чиясе зарал кколеб мацI сабаблъун, нахъасан кIалъан, гъибат, бугьтан гьабун. МацIалъул мунагьаздаса цIуничIони, Къиямасеб къоялъ расги лъикI букIине гьечIо.

Цере рукIарал салафу-салихIуназ кIалдиб чIимих лъолеб букIун буго ТIадегIанав Аллагьасдаса гIемер хIинкъиялъ. Пайда бугеб каламалъе гурони нахъе босулебги букIун гьечIо.

Абу Дардаъ абурав асхIабас абун буго, Ибрагьим аварагасул карандаса къватIибе зирзидулеб сас рагIулеб букIанин как балеб мехалъин абун. Гьебгиха, ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялъ.

Гьединго Абу Дардаица абуна иманалъул тIогь бугин Аллагьасул ﷻ хIукмуялда разилъизе кIвей ва гьединго Аллагьасул ﷻ къадаралда разилъун чIей.

Нилъеда кигIан гьитIинаб мунагь бугониги, гьитIинаблъун бихьизе бегьуларо. Гьедин бихьиялъ нилъ рачуна гьеб гьабиялде. ГьитIинал мунагьал гIемерлъани, гьез чIахIиязде рачинчIогоги толаро.

Ибну МасгIудица абуна муъминчиясда мунагь бихьулин мегIер тIаде бегулеб гIадин, квешав чиясда мунагь бихьулин мегIералда цебеса тIутI боржараб гIадин.

ГIали ибну ХIусейнил, какие чурулелъул, гьурмал кьер хисулаанила, ай Аллагьасдаса ﷻ бугеб хIинкъиялъ.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго: «Нуж хоге бусурбаналлъун рукIун гурони», - ян. Гьелъул магIна ккола гIумру тIамураб къагIидаялда хвезе вугин инсанилан аби. Нилъеца лъикIал гIамалалги гьарулаго гIумру тIамуни, гьединабго лъикIаб хвелги щола. Амма квешлъиялда гIумру тIамуни, квешлъи гьабулеб заманалда тохлъукьего хвелги тIаде бачIуна.

Жабир-асхIабасдасан имам АхIмадица бицана, Аварагас ﷺ ахирисеб къо тIаде щвелалде цебесеб къоялъ абунин: «Нуж хоге Аллагьасул рахъалдасан лъикIаб пикру гьабун гурони», - ян. (Имам Муслим)

Зунун Мисрияс абуна гIадамал битIараб нухдаса кьуруларин гьел Аллагьасдаса ﷻ хIинкъулебгIан заманалда жаниб. Амма гьеб хIинкъи тIагIани, гьел къосараб нухде кколин.

Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи буго гIамалазул хъаравул. Гьелъ инсан виччаларо гIасилъаби гьаризе.

Къази ГIиязица абуна Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарав чияс лъикIлъи гурони гьабуларин абун. Гьединго Зунун Мисрияс абуна Аллагьасдаса хIинкъун гурони бажаруларин Аллагь ﷻ вокьизе.

Сагьлу Тустурияс бицана жинда макьилъ бихьанин алжаналде лъугьунев ва гьенив дандчIванин лъабнусгогIанасев авараг. Дица гьезда цIехедал дунялалъул рокъоб нуж бищун хIинкъулеб жо щиб букIарабин абун, гьез жаваб кьунила ахиралда рухI мекъи бахъиялдаса хIинкъулел рукIанин абун.

ЯхIя ибну МугIазица абуна: «Мискинлъиялдаса гIадин жужахIалдаса гIадамал хIинкъулел рукIаралани, гьел алжаналде лъугьинаан», - ян.

 

АхIмаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...