Аслияб гьумералде

Бищун кIудияб нигIмат

Бищун кIудияб нигIмат

Бищун кIудияб нигIмат

Щиб кколеб бищун кIудияб нигIматилан цIехани, жаваб кьела гьеб бугин исламалда рати. Щукру гьабун бажарулареб, бицине хIал кIолареб, цIадирабаз хIехьолареб нигIматазулги нигIмат. Гьелъулъ гурони гьечIо кIиябго дунялалъул рокъоб хвасарлъиги.

 

Гьаб дунялалда загьирал пайдабаздасан буго, исламалъ инсанасул намус цIуниялде кьолеб кIвар. Нужецаго халгьабе, диналъ гьукъанщинаб жо тIабигIаталъул къануназги къабул гьабуларо. Гьединал пишаби гьарулесул гIадамазда цебе къимат гIодобе ккола, гIакълуялъги гьеб нахъчIвала. Гьереси бицин, кIигьумерчилъи, мацIал гьари, божилъи хвезаби, рагIи ккунгутIи, цIогь, чIвай-хъвей, хиянатлъи – гьал ва гьазда релълъарал исламалъ мунагьаллъун рикIкIунел гIамалал руго, амма динго кквечIев капурчиясдаги бичIчIула гьел гIамалазул нахъегIанлъиги гIодобегIанлъиги. Гьединал рекъечIел, махIцарал тIабигIатал кквеялдаса ва квешлъи гьабун хьвадиялдаса диналъ нахъчIвала. Гьединал гIамалаздаса рикIкIалъаразе Алжан кьезе рагIиги кьола, гIаксалда гьабурасе гIазаб насибаб бугиланги бицуна. Аллагьас лагъасул намус бацIцIадго цIуниялде кIудияб кIвар кьун буго.

Исламалъ ахIула гIадамазулгун гьоркьоблъи лъикI гьабиялде, хIатта капурзабазулгунцин. ГIезегIан мисалал руго, бусубабазул берцинаб тIабигIатги бихьун, капурзабаз ислам босиялъул. Агьлу-хъизамалдехун лъикI рукIин, лъимал рохизари, мадугьалзабазул хIакъ цIуни, гьобол кIодо гьави, кIудиясул хIурмат, гьитIинасул адаб гьаби, къокъго абуни, щивав чиясул хIакъ цIунизе тIад гьабун буго диналъ. РикIкIен гIемерал аятазда ТIадегIанав Аллагьас эбел-инсул адаб тей, цоцазе зулму гьаби гьукъун буго.

Исламалъ ургъел гьабула щивав чиясул сахлъиялъул. ХIатта нилъеда тIад лъураб гIибадаталъулъцин медицинаялъул гIалимзабаз къойидаса къойиде рагьулел руго сахлъиялъе пайдаял жал. ЦохIо ахираталда кьезе бугеб кириялда къокълъичIого, дунялалдагоги багьа гьечIеб хазиналъун гьабун буго нилъее Аллагьас гIибадат.

Диналъ кIудияб кIвар кьола инсанасул рухIияб сахлъиялде, тIабигIат берцинлъиялде, психологияб хIал бищун камилаб даражаялда цIуниялде. Гьебги ккола Аллагьасул рахъалдасан лагъзадерил тIалаб-агъаз гьаби. Масала, диналъ малъула бусурбабазда бугелда разиго рукIине. Бугелда разияв чи бечедавлъун вукIуна, кигIан дагьаб мал гьесул бугониги, даимаб рекIел парахалъиги щола гьесие. Бечедавин абуни, бугелда разилъи гьечIони, мискинавлъун вукIуна, кигIан гIемераб гIарац-меседалъул бетIергьанлъун вугониги, жеги мал цIикIкIиналде гьесул хIажалъи букIиналъ.

Сабру гьабулесул, таваккал тIамулесул, къадаралда разиясул гIумру нуралъ гвангъараб букIуна. Кинабго тIаде босун, Аллагь кIочон, таваккал тIами тун хьвадулесул гIумру ургъелабазул цIараб букIуна, гьединав чи хехго херлъула, сахлъи хола, гIумруялъул тIагIам билула, данде иш билълъунаро.

ТIабигIат берцинлъиялъул кIваралъул пайда гIаммаб буго живго бетIергьанасеги, гьесда сверухъ ругезеги. Гьедин, щивав чи жиндаго тIад хIалтIани, чара гьечIого жамгIият лъикIаб рахъалде хисула.

Аллагь лъаларев чиясул гIумру кьогIаб букIуна. Муъминзабазулин абуни, щибаб жоялъулъ мугъчIвай хIалкIолев БетIергьанасде букIуна. Унго-унгояб хIалалъ диналда тIадчIей гьабулел, рекIел бацIцIалъиялде щвезе хIаракат бахъулел бусурбабазул стресс, депрессия букIине рес гьечIо. Щибаб жо Аллагьасдасан букIин бихьулеб макъамалде щведал, щибго дунявияб жоялъул ургъелалъ чи кверде восуларо. Жинде тIамун тарасул бокьараб хIажат БетIергьанас тIубала.

ТIадегIанав Аллагьасде рокьи бугев чиясда чиякълъи, ай живго цохIо хутIи щибали лъаларо, аскIов цониги чи гьечIониги. Мун вижарав, дуе кинабго хIажатабщинаб чIезабурав, сордо-къоялда жанив мун цо лахIзаталъцин кIочонарев, рехун толарев, кидаго дуда цадахъ вукIунев, хIатта габуралда бугеб бидурихьалдасаги Жив гIагарда вугев, камилаб тIалаб-агъаз дур гьабулев, вакъидал гIорцIизавулев, унтидал сах гьавулев, дур киналго гIунгутIаби, гъалатIал лъаниги, дудехун хIал квешлъуларев, кидаго духъ гIенеккизе хIадурав, ахIи банщинахъе кумекалъе гIедерав, дуда Гьев кIочаниги, киданиги мун Жинда кIоченчIев, дуца Гьев таниги, Жинца мун течIев, кигIан гIемераб жо гьараниги, мун чIалгIунарев, цIикIкIун гьаранагIан Живги вохулев, эбел-инсудаса цIикIкIун дуда гурхIулев, лъидасаго цIикIкIун мунги вокьулев Аллагь дур вугеб мехалъ, лъидеха мун жеги хIажалъилев?

Бусурбабазда лъала, хIехьараб къварилъиялъухъ ва гьабураб сабруялъухъ рикIкIен гIемераб кири букIин, гIагаралгун, рокьаралгун хвелалъ ратIа гьаруниги, Аллагьас ахираталда данде гьаризе рукIин, гьитIинаб лъимер хвани, гьелъ кверги ккун, Алжаналде рачине рукIиналдаги божула. Гьанже пикру гьабе, кигIан захIматаб гIумруха букIунеб Аллагьасда божуларел гIадамазул?

Жеги нилъее сайгъат хIисабалда ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан щвараб, цогидаб жогун дандекквей жиндие гьечIеб нигIмат буго нилъ МухIаммад Аварагасул умматалдаса рати. Бищун гIемерал бигьалъабиги, рухсабиги, дагьал гIамалазухъ гIемераб кири кьейги, хIатта цохIо нияталъухъцин лъикIаб гIамал рикIкIинги, бищун цере Алжаналде лъугьинги, жеги гIемерал хасслъабиги щварал руго нилъ.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул нигIматал рикIкIине лъугьани, нужеда гьел рикIкIун бажариларо» («Ан-НахIл», 18). НигIматал тIагIинчIого рукIине бокьарас, щукруялъул сейфалда жанир лъезе ккола гьел. Жиб Аллагьасул рахъалдасан букIинги лъан, жинхъа щукру гьабураб нигIмат нахъе унаро.

Аллагьасе рецц буго, нилъ бусурбабилъун ратиялъухъ, щукру гьабулеллъун рати – гьебги нигIматазул цояб буго!

Аллагьас тавпикъ кьеги нилъее сверухъ бугебщинаб нигIмат бихьулеллъун ва щукруялда даималлъун рукIине. Амин.

 

 

Хадижат Хизриева

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна Аваргасухъе ﷺ вахIюги босун. Гьеб букIана Къуръаналъул тIоцебесеб аят, «ЦӀале» абураб.     Гьедин байбихьана 23 соналъ Къуръан рещтIине. Гьеб...


Ихдалил хIурмат

Гьале тIаде щвана тIогьолаб ихдалил заман. ГIемерисеб халкъалъе бищунго бокьулеб мехги ккола гьеб. Иснанасул къаркъалагун сверухъ бугебщинаб тIабигIат цIилъулеб заманги буго гьаб. Гьединго ихдалил заман буго хурзал-ахал рекьулеб, къачIалеб ва кIурулеб мех. Щайгурелъул, гьелда бараб буго инсанасул...


Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.   Нилъеда...


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.


Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана къец. Гьелъул хIасилал гьарураб тадбир тIобитIана Ленинаул росдал школалда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель...