Аслияб гьумералде

ЛъикIаб хIалтIудалъун борхула чиясул къимат

ЛъикIаб хIалтIудалъун борхула чиясул къимат

Буйнакск районалъул ЧIикIаб росдал мадрасалъул тарбиялда гъоркь, Хьаргаби росулъги цIалун, исламияб гIелмуялъул тIадегIанаб лъайги босун, хIалтIизе вачIана ЦIияб ЧIикIаса ГIисахIажил Шамил. Гьесул бажариги бихьун, Шамил тIамуна росдал мажгиталъул имамлъун.

ГIолел-гIоларел рахъазул хIисабги гьабун, жамагIаталда дандги бан, Шамилица байбихьана хIалтIи гьабизе. Масала, мажгиталъул тIох хисун лъугIизабуна къокъаб заманалда жаниб. Гьев имамлъун хIалтIизе лъугьаралдаса жамагIаткакде рачIунезул къадарги гIемерго цIикIкIана.

ХIукму гьабуна мажгит гIатIид гьабизе ва гьебги гьабуна хехаб заманалда жаниб. Гьелдаги гIей гьабичIого, жеги тIадеги балебги буго. Гьеб базе росдал гIадамаз кумекги гьабула. Цо муъминчияс кьучI лъезе миллион гъурущцин кьуна.

Гьелдаго цадахъ авал-мажгиталги ралел руго. Имамас тIадчIей гьабула гIадамаз исламалъул щуябго рукну гъалатI гьечIого тIубазабиялде, халкъалда гьоркьоб «Ассалам» газеталъул къадар цIикIкIинабиялде.

Гьединго пайда кьолеллъун лъугьана мажгиталда гьарулел данделъабиги. Берзукьа бахъун гьечIо мискинал, язихъал хъизаназул, ятимазул, чIахIиял чагIазул тIалаб-агьаз гьаби. Гьезул сияхIги гьабун, щивасе щвезабула кванил нигIматал, ретIел-хьит.

ЦIияб ЧIикIаб росдал мажгит кIодо гьабиялъе гьарулел хIалтIаби

ГIемераб заман букIана как ахIизе будун щоларого. Имамас вачун вачIана жиндаго цадахъ цIалулев вукIарав гIолохъанав гIалим будунлъи гьабизеги. ГIолохъабазул жигараб гIахьаллъигун тIоритIула батIи-батIиял хIаял ва турнирал.

Шамилица данде гьаруна гIолилал ва гьел ахIула вацлъи цIунизе ккеялде. Гьанже гьесда тIадкъан буго мадрасалъе бетIерлъи гьабизеги, гьенибги имамас цIакъ кIвар кьун гьабулеб буго хIалтIи.

НАСРУЛА АБАКАРОВ, ЦIИЯБ ЧIИКIАБ РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...