Аслияб гьумералде

Къурбаналъул гiид кин тiобитiилеб?

Къурбаналъул гiид кин тiобитiилеб?

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел бусурбаби, магIарулал! Гьале нилъеде тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIиго байрамалъул кIудияблъун кколеб Къурбанкъо. Гьеб байрамалда хурхун буго тIубараб диналъулго тарих. Гьелъие аслулъун ккола Ибрагьим авараг (гI. с). Гьебго лъугьабахъин кьучIлъун ккана исламалда жаниб бугеб кIудияб рукну – хIеж гьабиялъеги.

Къурбаналъул гIид ккола жиндир кьибил тарихалъул гъварилъуде араб байрамлъун. Гьелда жаниб нилъее суннатаблъун гьабун буго Аллагьасде гIагарлъиялъул нияталда къурбан гьабун цониги хIайван хъвезе ва гьелъул гьан мискин-пакъиразе бикьизе. Гьеб къо ккола жинда жаниб рохел загьир гьабиялъухъ кири хъвалеб, гьедин рохел загьир гьабеян амруги гьабураб. Гьеб къоялъ хIатта кIал кквейгицин хIарам гьабун буго.

Гьединлъидал гьеб къо хIалкIванагIан кIодо гьабизе нилъее суннатаб буго. Рокъор ругел лъимал-хъизамазе гьеб къо кIодо гьабун рохел, аваданлъи гьабизеги рекъараб буго. ХIатта лъималазе хасал сайгъатал гьаризеги лъикIаблъун бихьула.

Щайгурелъул гIун вачIунев чиясул пикру гIуцIулаго цадахъ жубазе Къурбанаб къоялдехун гъира, рокьи ва гьелдехун рекIелъ лъикIаб асар ва лъалкI тезе. Инсанасулъ гьитIинго бижараб гIамал-хасият, киналго чорхол ругьунлъаби хутIула тIубараб гIумруялъего. Нилъеда кигIан гьесда жаниб исламиял байрамаздехун рокьи бижизабизе бажараниги, гьедигIанасеб къадаралда гьесул иманалъул кьучI щулалъула.

Гьединго рокъор ругел цогидазеги рекъараб даражаялъул сайгъат-салам гьабуни ва гьединаб гIадат лъугьинабуни, аварагасул суннат тIубарал гIадамаллъун рукIина. Балагье, чи гьавурабин абулеб къоялъ нилъеца гьабулеб сухIматги, рохелги, кьолел сайгъаталги. Гьелъул хIасилалда лъимал рукIуна тIасияб сон кидадай бачIинаяли балагьун чIун. Исламалъул байрамазги гьезие сайгъатал дагьалги цIикIкIун гьаруни, гьединго букIинарищ лъималазулъ балагьун чIей.

Цоги гьабизе рекъараб жо буго Къурбан хъвезе кинабго хъизамгоги бакIарун, гьелъул хиралъиялъул ва тарихалъул бицун. Аллагьас тавпикъ кьеги исламалъул байрамал берцинго тIоритIизе.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...