Аслияб гьумералде

КIалбиччаялъул гIид

КIалбиччаялъул гIид

КIалбиччаялъул гIид

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул байрам барки

 

ХIурматиял вацал ва яцал! РакI-ракIалъго баркула нужеда КIалбиччаялъул байрам!

 

Хирияб рамазаналъул къояз киналго бусурбабаз Аллагьасул ﷻ амруялда нахърилъун кIалал ккуна, цадахъ данделъун таравихIал рана, дунял-ахираталъул балагьаздаса бусурбаби хвасар гьареян Аллагьасда ﷻ гьардана, садакъаде хIалкIвараб боцIи-магIишат кьуна, кIалбиччазе жидехъего гьалбал ахIана, жалго цогидазул ахIиялъе жаваб гьабун ана, жидедаго лъалеб лъикIаб жо цогидазда малъана, кIвараб куцалда лъикIлъи тIибитIизабуна диналъул вац-яцазда гьоркьоб, гьуинлъи ва лъикIаб бухьен букIиналъул нияталда.

Рамазан моцI ккола тIабигIат-гIамал камиллъулеб, Аллагьас ﷻ Жиндир лагъзадеридехун рахIму-цIоб гьабулеб мех. Нилъеца гьелъие къо-лъикI гьабулеб буго, Аллагь ﷻ нилъеда гурхIиялъул хьулалда, кинабниги лъикIаб ишалъе Гьесул кумек-квербакъи щвеялде бугеб гIишкъугун. Жинде таваккал тIамурасе Жинца гIей гьабулев вугелъул нилъер БетIергьан.

Аллагьас ﷻ къабул гьареги ккурал кIалалги, гьарурал дугIабиги. Аллагьас ﷻ насиб гьабеги киназего Жиндир разилъигун сахаватлъи. ГIумруялъул нахъе хутIараб заманалдаги нилъее цIунаги гьаб моцIалъ гьарурал гIамалал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...