Аслияб гьумералде

Баркула хирияб Рамазан моцI

Баркула хирияб Рамазан моцI

Баркула хирияб Рамазан моцI

ДРялъул муфти, гIалимзабазул советалъул председатель, шайих АхIмад афандил барки

«Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал. РакIракIалъ баркула нужеда тIаде щолеб бугеб рухIиябгун чорхол къуваталъул хIалбихьулеб рахIматалъул цIураб Рамазан моцI!

Аллагьасул гурхIел-цIобалдалъун нилъеца нахъа танин абизе бегьула гIезегIан захIматаб заман. ЛъагIалица цебе, гIага-шагарго гьабго заманалда жаниб, байбихьана коронавирусалъул пандемия. Гьелъул хIасилалда къадаралде щвана гIезегIанго чиги.

ЗахIмалъиялда хадуб бигьалъиги камуларин абухъе, Аллагьасе рецц, ахIвал-хIал дагь-дагьккун рукIалиде бачIунеб буго. ГIемерисел регионазда, доб заманалда къан рукIарал мажгиталги какал ралел рукъзалги рагьана.

Гьединлъидал хьул буго гьел захIмалъабазухъ балагьичIого Рамазаналъ нилъер ракIал рахIматалъул цIезарилин, гурхIел-рахIму цIикIкIинин абураб. Бусурбабазе Рамазан моцI буго иман щулалъиялъул хIалбихьулеб, лъикIал гIамалал гьаризе хIаракат бахъулеб, рацIцIадал пикрабазул заман.

БетIергьанас гьеб моцIалъ рещтIана бусурбабазе битIараб нух бихьизабулеб хирияб Къуръан. Гьеб моцI буго рухIиябгун тIабигIиял рахъал къачIаялъул, лъикIаб хьвада-чIвади гьабиялъул заман.

Бусурбабазе кIал кквей буго, тIоцебесеб иргаялда, квешалдаса рикIкIалъун лъикIал гIамалазда черх куцаялъе рес бугеб мех.

Гьаб хирияб, халкъалда гьоркьоб лъикIлъи, цоцадехун хIурмат-рокьи бекьулеб моцI гьабеги нилъер рухIияб рацIцIалъиялъе ва батIи-батIиял миллатазул халкъал ракълиде, цоцалъ гъункиялде ва цолъиялде рачиналъе сабаблъун.

Гьеб моцIалъул хириял къоял Аллагьасе гIибадаталда тIамизе тавпикъ кьеги киназего. Нилъер лъикIал гIамалалги сабаблъун гьареги рухIияб цебетIеялъе ва муъминзабазул иман цIикIкIиналъе. Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...