Аслияб гьумералде

ВАЛИЗАБАЗУЛ ЛЪАБГО ПИША

ВАЛИЗАБАЗУЛ ЛЪАБГО ПИША

ТIадегIанав Аллагьас Давуд аварагасде вахIю рещтIинабула: «Дуе Дун вокьа, Дие рокьаралги дуе рокьа ва халкъалъе дуца Дунги вокьизаве», - ян. Давуд аварагас абула: «Кин дица Мун гьезие вокьизавилев?» - ян. БетIергьанас малъула: «Гьезие дуца Дун рехсе бищун берцинаб къагIидаялъ, Дир хIикмалъабиги лъикIлъабиги рехсе», - ян.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

ГIабдуллагь бин МасгIудица бицана: «Бусурбанчиясе, иманалдаса хадуб, бищун лъикIаб буго ТIадегIанав Аллагьасде пикру лъикI гьаби. Гьебги лагъас гьабуларо Аллагьас гьесие гьеб кьун гурони. Кинабниги лъикIлъи Аллагьасухъ буго», - ян.

Аварагасул балъголъаби цIунулев вукIарав ХIузайфату бин Яманияс абуна: «Нужеда цо къо бачIине буго гъанкъулес гIадин дугIа гьабун гурони живго хвасарлъуларев», - ян.

Абу Дардаица абуна: «Кавуялда гIемер кIутIулев чиясе гьеб рагьизе рес буго, гьединго гIемер дугIа гьабулесеги Аллагьас жаваб кьезе бегьула», - ян.

Абу Дардаидасан имам Байгьакъияс бицана: «Мун рахIаталда вугев мехалъ гьаре Аллагьасда , рес буго къо тIаде ккараб мехалъ, ай мун балагьалде ккедал жаваб гьабиялда», - ян.

Нилъеца щибха гьабулеб? ТIаде къо ккедал гурони Аллагь ракIалде щоларо. Цинги зигардула Аллагьас жаваб гьабулеб гьечIилан.

Вализабазул лъабго пиша бугин бицана ЯхIя бин МугIаз Разияс: «Гьел Аллагьасда божараллъун рукIуна ва гIейги гьабула кинабго жоялда. Аллагьасде руссуна щибаб жоялда. Щибаб жо Аллагьасдасан гьарула ва кинабниги лъугьа-бахъарабги Гьесде буссинабула», - ян.

ГIабдуллагь бин Хубайкъица абуна: «ГIадамал руго лъабго батIияб тайпаялъул: кири щвеялде хьулгун лъикIлъи гьабулев, тIаса лъугьиналде хьулгун квешаб жо гьабидал тавбу гьабулев ва квешаб жоги гьабун тавбу гьабичIого тIаса лъугьиналде хьулгун вугев», - ян.

Шагьул Кирманияс абуна: «Берцинаб хьул Аллагьасде лъеялъул гIаламат ккола берцинаб тIагIат гьаби», - ян.

Абу Сулайман Даранияс абуна: «Инсанасдаса хьул бергьараб мехалъ ракI хвезабула», - ян.

Нилъин абуни рукIине ккола хьулалдаги хIинкъиялдаги гьоркьор. Аллагьасул лагъас мунагьаздасан тавбу гьабидал, ТIадегIанав Аллагьас малаикзабазда кIочон тезабула гьеб ва сверизабула лъикIлъабазде Къиямасеб къоялъ гьесие нугIлъи гьабичIого букIине.

Нилъ ратула гIезегIан мунагьал гьарулел. Гьелъул пикруги цIакъ дагьав чияс гурони гьабуларо. ГIумар асхIабас абун буго, дуца напсалъул хIисаб цебе гьабейин, хIисаб гьабулеб къо тIаде щвелалде. Щай нилъеца цогидазул хIисаб гьабулеб, нилъерго хIисаб гьабулареб мехалда?

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...