Аслияб гьумералде

КIалбиччанкъоялъул байрам

КIалбиччанкъоялъул байрам

Республикаялъул муфти, шайих АхIмад-афандица, тIаде щолеб кIалбиччанкъоялъул байрамалда  хурхун гьабураб Барки 

«Ассаламу гIалайкум ва рахIматуЛлагьи ва баракатугь!

ХIурматиял вацал ва яцал! Аллагьас ﷻ кидаго таги нилъ ракълида ва Аллагь ﷻ гурхIараб гурони къоги нилъеде бачIунгеги!

 

Дагъистаналъул муфтияталъул ва дирго рахъалдасан ракI-ракIалъ баркула нужедаги, нужер хъизамал-агьлабаздаги, гIагарлъи-божилъиялдаги Рамазан моцI ахиралде щвей ва исламалда жаниб бищун кIудияб бакI кколеб кIалбиччанкъоялъул гIид.

Рамазан буго нилъеца лъикIабщинаб гьабулеб, рухIияб рахъалъ жанисанги тIасанги нилъго къачIалеб, нилъеда сверухъ ругезда нилъ гурхIулеб, хIажатасе кумек гьабулеб, вакъарасе квен кьолеб, ратIликъасе ретIел кьолеб, садакъаби гIемер гьарулеб моцI. Дун божаравги вуго нужеца гьаб моцI гьедин нухда тIамун батиялда. Хьулги буго гьаб моцIалъ гьабунщинаб кьучIлъун букIинин нилъер гIумруялъул хутIараб заманалъеги ва гьеб кьучIалда тIад щулияб мина баялъе щивас хадубккунги хIаракатги бахъилин абураб.

Дун цIакъ вохарав вуго нилъеца гьаб моцI тIобитIараб куцалдаса. Вохарав вуго батIи-батIиял гIадамаз, гьебгиха диналъухъ, куцалъухъ, миллаталъухъ ва хъулухъ-ишалъухъ балагьичIого лъикIал ишал гьаризе бахъулеб букIараб хIаракат бихьун. Баркала нужее, хIурматиял. Аллагьас ﷻ нужедаги нужер боцIи-малалдаги баракат лъеги. 

Кин батаниги ана баракатаб моцI. Нилъецаги гьеб нухда тIамуна кIалги ккун, мацIги цIунун, мунагьал гьариялдаса нахъе кIанцIунги чIун. Гьедин, ай гIибадаталда хутIараб заман тIамизеги нилъер щивасе БетIергьанас тавпикъ кьеги. 

Дица БетIергьанасда гьарула нилъер мунагьал чурагийин, ккурал кIалал, бахъараб сахI, гьабураб садакъа аза-азариде бахинабун къабул гьабун батагийилан. Аллагьас ﷻ гьаб хирияб моцIалъул хIурматалъе гIоло цIунаги нилъ балагьаздаса, питна-кьалаздаса. Кьеги киназего сабур, талихIаб ва ракълилаб гIумру. Амин!»

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...