Аслияб гьумералде

КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи

КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи

Нилъер улкаялда гIадатлъун лъугьун буго КIудияб ВатIанияб рагъалъул бергьенлъиялъул къо 9 маялда тIобитIулеб. Гьеб къоялъ нилъеца ракIалде щвезарула рагъда камурал нилъерго умумул, гьабула гьезие дугIа. Гьеб къоялъ гуребги нилъер кидагосеб дугIа букIине рекъараб буго гьеб бергьенлъи нилъее щвеялъе гIоло жидер рухIалги, къуватги, сахлъиги кьурал гIадамазе.

9 маялъ нилъеца гIун бачIунеб гIелалда бицуна рагъда рукIаразда бихьараб гIакъуба-захIматалъул, гьеб рагъул кьогIлъиялъул, гьарула Аллагьасда гьединаб рагъ нилъер лъималазда бихьизе биччагеян.

Нилъер улкаялъул киналго халкъал данделъун, Аллагьасул кумекалдалъун, нахъчIвазе кIвана дунялалдаго тIибитIизехъин букIараб фашизм. Амма нилъее камуна 27 миллионалдасаги цIикIкIун чи. Рагъдаса чIаго тIад руссаралги гIемерисел инвалидал рукIана.

АсхIабгIалиев ГIабдулагь вукIана гьанжесеб Шамил районалъул Гъоркьа Колоб росулъ 1918 соналъ гьавурав чи. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьун гIемер заман иналде, 1941 соналъ, гьев рагъде ахIана. Бакуялдаги, Ташкенталдаги, артиллериялъул школалдаги цIалун ГIабдулагь лъугьана сержантлъун ва тIамуна гIарадаялъул командирлъун.

1943 соналъул авалалда гьев щвана Москваялда аскIоб бугеб бакIалде. «Курская дуга» абураб бакIалда ккараб рагъулъ гIахьаллъи гьабуралъухъ ГIабдулагьие кьуна медаль «За боевые заслуги». Прибалтикаялъул ракь фашистаздаса эркен гьабулеб рагъда гьесие щвана «Орден славы III степени». Гьел гурелги ГIабдулагьил рукIана цогиги гIемерал шапакъатал.

1944 соналъул декабрь моцIалъ, Клайпеда шагьаралда аскIоб, ГIабдулагь цIакъ захIматго лъукъана, гьесул квегIаб гъеж нахъе къотIиялде ккунги букIана, амма тохтурзаби сабабалъе тIамун Аллагьас гьесул гъеж, гIайибаб лъугьаниги, къотIичIого сахлъизабизе кумек гьабуна. ГIабдулагьил эмен АсхIабгIали вукIана гIараб цIаларав гIалимчи.

Гьесул цIаралда бугеб Гъоркьа Колоб росдал мажгит цIи гьабун къачIан буго росуцояз. АсхIабагIалица гьитIинаб къоялдаса нахъе гIилмуги малъарав, тарбияги кьурав ГIабдулагь вукIана цIакъ кутакалда гIадамазда гьоркьов адаб-хIурмат бугев чи, гьев ахираталде ана жиндир гIумруялъул 87 сон тIубан нахъисеб къоялъ.

КIудияб ВатIанияб рагъда ГIабдулагь тIамун вукIана гIарадаялъул командирлъун

Рагъ лъугIун хадуб 76 сон ана. 9 май ккола нилъер ВатIаналъул щивав чиясе кутакалда кIвар бугеб тарихияб байрам. Гьеб байрам ккола нилъер халкъалъул унго-унгояб бахIарчилъиялъул гIаламат.

Аллагьас бихьизе хъван батугеги, амма Аллагьасул кумекалдалъун тIаде ккараб къо нилъер халкъалъ хадубккунги цадахъ рахъун борхила, нилъер умумуз борхараб гIадин.

Аллагьасда нилъеца гьарула гьединаб захIматаб рагъ-кьалалдаса нилъги, нилъер лъималги, лъималазул лъималги цIунагиян, Аллагьасул гурхIел-цIоб нилъее камугеги. Гьаб захIматаб заманалда Аллагьас киназего щулияб сахлъиги, цоцазул адаб-хIурмат гьабизе, исламалъул битIараб нух кквезе къвакIараб иманги кьеги.

ГIАБДУЛАГЬИЛ ВАЦАСУЛ ВАС МУХIАММАД

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...