Аслияб гьумералде

Къурбаналъул гIид

Къурбаналъул гIид

Хириял диналъул вацал ва яцал, Россиялъул бусурбаби! РакI-ракIалъ баркула нужеда кIудияб Къурбаналъул байрам!

 

Гьеб кIвар цIикIкIараб къоялъ нилъеца ракIалде щвезарула Къурбан хъвеялдалъун ТIадегIанав Аллагьас нилъее кьолел бищунго пайдаял дарсал. Гьеб буго нилъер щивасе ТIадегIанав Аллагьасдехун бугеб рокьи ва мутIигIлъи бихьизабизе рес щолеб къо, гьединго, гIага-божараздехун гьабулеб бербалагьиги.

Къурбаналъул гIидалъул байрамалъ ракIалде щвезабула ТIадегIанав Халикъ рази гьавиялъе гIоло къурбан хъвеялъул ва жиндирго мал-мулк хвезабиялъулъ бугеб кIодолъи. Гьеб къоялъ нилъеца рохел гIахьал гьабула нилъер кумек жидее къваригIаразулгун, тIаде-гъоркье щола гIагарлъиялъухъе, гьудулзабазухъе, ТIадегIанав Аллагьасда гьарула нилъерго къурбанги киналго лъикIал гIамалалги къабул гьареян абун.

ТIадегIанав Аллагьас Хирияб Къуръаналда рехсон, нилъеда ракIалде щвезабулеб буго (магIна): «Нуж киданиги такъваялде (ва Халикъасул разилъиялде) щвеларо нужее бокьулеб жоялдаса (бечелъиялдаса) Гьесул нухда харж гьабизегIан. КигIан (цIикIкIун) нужеца харж гьабуниги, Аллагьасда гьеб лъала (Гьес нужее гьелъухъ тIубараб кири кьезеги буго)», - ян (сура «Алу ГIимран» аят 92).

Биччанте гьал рагIабаз нилъер ракIал гьесизаризе, хасго байрамалъул къоялъ, лъикIал гIамалал гьаризе ва сверухъ ругезде, гIумруялъулъ захIмалъаби дандчIваразде, хIажалъи ккарал чагIазде кIвар кьезе.

Нилъер гIатIидаб ВатIаналъул тIолабго рахъалдасан аза-азар вацал-яцаз сапар бухьана Макка-Мадинаялъул хирияб ракьалде исламалъул кIвар бугел рукнабазул цояб – хIеж тIубазе. Гьарула ТIадегIанав Аллагьасда гьезул хIеж къабул гьабегиян, тIубазабулелъулъ къуват кьегиян, щибаб лъикIаб гIамалалъухъ кириги щвезабегиян. Гьезул дугIагун, хъурал къурбанал къабуллъун, иман-баракаталъул ракIал цIун, къабулаб хIежги босун, сах-саламатго хъизан-рукъалде тIадруссагиян.

Гьеб хирияб къоялъ нилъеца жеги гьарула Аллагьасда нилъер улкаялдагун тIолабго дунялалда рекъел букIагиян, рагъ-кьал лъугIагиян. ТIадегIанав БетIергьанасул баракатги гурхIелги киналго муъминзабазда цадахъ букIаги, киналго къварилъабаздаса, зарал-зияназдаса цIунаги.

Хириял диналъул вацал ва яцал! Гьарула ТIадегIанав Аллагьасда нилъер киназулго дугIаби, хъурал къурбанал ва садакъа-хайрат къабул гьабегиян! Амин!

Баркула нужеда Къурбаналъул гIид!

 

 

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди ГIабдулаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...