Аслияб гьумералде

КIудияб гIидалъул байрам

КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу,

хириял диналъул вацал ва яцал!

 

РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам.

Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб мутIигIлъи, нияталъулъ букIараб бацIцIалъи ва ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъиялъе гIоло жиндир бищунго къиматаб жо къурбан гьабизе букIараб разилъи.

Къурбаналъул гIидалъ нилъ ахIула нилъерго ракIал чIухIиялдаса ва жахIдаялдаса рацIцIад гьаризе, вацлъи щулалъизабизе, къварилъиялда ругезда гурхIел бихьизабизе. Гьел рохалил къоязда хасго кIвар бугеб жолъун буго хъизан-лъималазде ва гIагарлъиялде кIвар кьей, цоцазе квербакъи гьаби, рохел гIахьал гьаби.

Нилъ рохарал руго исана хIеж борхизе рес щвараздасанги. Аллагьас ﷻ гьабураб гIибадат къабулги гьабун, мунагьал чураги, сах-саламатго рокъоре тIадруссаги гьел.

Жеги нилъеца дугIа гьабула СВОялда гIахьаллъи гьабун, лъимал-хъизамаздаса рикIкIад ругезе. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьел цIунаги, къуват, сабру кьеги, сах-саламатго нахъруссине хъван батаги.

Гьал рохалилал къояз щибаб рокъобе рекъел, хинлъи ва талихI бачIаги, иман щула гьабеги, ракIал щукруялъул цIезареги.

Гьарула ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ нилъер къурбаналги, гьарурал дугIабиги, лъикIал гIамалалги къабул гьареян, унтаразе сахлъиги, къварилъи ккаразе бигьалъиги, киналго гIадамазе парахалъиги кьегийилан.

 

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...