Аслияб гьумералде

Баркула Къурбан-байрам

Баркула Къурбан-байрам

Къурбан къоялъул гIидалда хурхун ДРялъул муфти АхIмад-афандиясул барки

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

ХIурматиял вацал ва яцал! РакI-ракIалъго баркула нужеда т1аде щолеб бугеб бусурбабазул байрамазул аслиязул цояб – Къурбан байрам! Гьаб Къурбан хъвеялъул байрамалда цадахъ буго хирияб ракьалде ун х1еж т1убайги.

Г1урхъи гьеч1еб рецц буго Бет1ергьанасе ﷻ, коронавирус т1ибит1иялда бан чанго соналъ нилъее гьукъун рук1арал гьал ниг1матал т1ад руссун щвеялъухъ. Гьарула Бет1ергьанасда ﷻ хадурккун гьединал, т1аде рач1унел балагьаздаса ц1унагийилан абун.

Рохел буго, Жиндир ц1обалдалъун Аллагьас ﷻ цо-цо х1ажизабазе сайгъат гьабураб х1ежалде ине рес кьей. Бет1ергьанас ﷻ къабул гьабеги гьез гьарурал х1ежалъул рукнаби, нилъерги гьезулги хъурал къурбанал ва гьарурал лъик1ал г1амалал. Амин!

Рохел загьир гьабич1ого ч1езе к1оларо нилъер улкаялдагун т1олабго дунялалда байрамалъул къояз мискинал, бесдалал, унтарал ва щокъал чаг1азе пайда-хайиралъе т1орит1улел гурх1ел-рах1муялъул акциябаздаса. Аллагьас ﷻ щивасе, киг1ан гьит1инаб бугониги, гьабуралъухъ жазаъ гьабеги, х1ажат бугезе жеги ц1ик1к1ун кумек гьабизе кант1изареги.

Гьарула Бет1ергьанасда ﷻ нилъер рак1-рак1алъулал дуг1абазе жаваб гьабеян, ниятал рац1ц1ад гьареян, чурхдузе сахлъи, талих1, гьабулелъулъ икъабал ва ракълилаб дунял кьеян. Баркула Къурбан-байрам!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...